САЙИД ГIОБОДИЯВ
قدس سره
АлхIамдулиллагь, рецц нилъер тIадегIанав Аллагьасе, исламалда нилъ ратизе, иманалде нилъ руссине жиндица нилъее рес кьурав. Рецц буго ТIадегIанав Аллагьасе нилъер баракатаб Дагъистаналъул ракьалда дунялалъулго исламияб жамагIат жидедаса чIухIарал, камилаб даражаялда жал ругел устарзабиги, шайихзабиги, ва гIалимзабиги жиндица рижарав.
САЙИД ГIОБОДИЯВ قدس سره АНЦIИЛА УНКЪАБИЛЕБ КЪАРНУЯЛЪУЛ МУЖАДИД
БатIи-батIияб заманаялда ва цIакъго батIи-батIиял гIадамаз къимат кьуна анцIила ункъабилеб къарнуялъул мужадид Сайид ГIободиясе قدس سره. Гьеб кьуна жагьилзабазги, гIалимзабазги ва гIакъилзабазги. Гьеб кьуна пикру гъваридазги, жалго гIелму-лъаялъул ралъадлъун рукIаразги, жидер ахIмакъаб гьаглъиялда тIад ракI чIегIерлъиялъул хIур ккаразги, ГIободияв тIарикъаталъул устарлъун вукIинего вукIинчIин тIирун чIчIарал лъавукъзабазги.
Амма гьеб киналъухъго балагьичIого, Аллагьасﷻ кIодо гьавуна кивго, киназего ва кидагоялъе Дагъистаналъул тIарикъаталъул гIаламатго караматав жавгьар, КъутIбул гъавс, кибго ва сундулъго жиндица МухIамад Аварагасулﷺ суннат цIунарав Вали-шайих Сайид ГIободияв قدس سره.
Кинаб заманаялъул хьухь тIад бетаниги, тIад-тIад буссун хIайранго ва хIикматго кенчIолеб буго наслабазе гьеб тIарикъалъалъул бакъ, шаригIаталъул моцI, гIелму-лъаялъул нур ва суннатазул гьайбатаб рагIа-ракьан гьечIеб хIайранаб океан.
Аллагьасﷻ ккола Аллагьﷻ ккурал ва Аварагасулﷺ суннатал жидеца цIигьарурал! Гьеле гьединав вукIиналъин Сайид ГIободияв قدس سره Аллагьасﷻ тIолабго исламияб дунялалъего кIодоги гьавурав ва анцIила ункъабилеб нусго сонил Имамлъиялъул даражаялдеги вахинавурав.
Гьале гьев «гIарабиязул гьудул, дагъистаналъул жавгьарасул» хIакъалъулъ ругел пикрабазул цо чангоябги. Дагьабниги жинда пикру гьабизе лъалев чиясе гьазда жаниб цIакъго кIудиял хIикматалги, гIаламаталги ва караматалги руго.
ГIарабиязул гьудул, Дагъистаналъул жавгьар Сайид ГIободияв قدس سره вукIана гIелму, гIамалалъул, гIибадаталъул, гIайнул хIаяталъул хIикматаб хIавуз. Гьев вукIана балъгояб такъваялъул къолден жинца ретIарав, къарнуялъул Имамлъи Аллагьасдасанﷻ щварав хIакъикъаталъул гIор, гIелмудал ралъад, гIирпаналъул магIдан, диналъул жавгьар.
Унго! Вализабаз гьекъолеб гIищкъуялъул салсабил, хIалхьезегIан гьекъезе мун гуресе щванадай? РекIел берал рагьарав Муршидун Камиласул караматаб хасият хвелгьечIеблъун лълъун бугин. ТIолго аварагзаби, киналго авлияал, ана гьел Бархазалде, панаяб дунялги тун. Дудаги гьаб дуниял щибго берцин бихьичIо, амма мун дунялалъе динул Ниллъун хутIана.Къарнуялъул Имамлъи- кьучIчIаб хIужа букIана. ХIиллаял жахIдачагIаз чанги дур хIал бихьана. Ва амма ахиралда тIолалго мукIурлъана, ТIадегIанасул Вали мун вукIин якъинлъана.
Сайид ГIободияв قدس سره вукIана киналго гIулумазулъ ГIалиасхIаб ГIадинав, жиндир тIарикъат камилав, каранда ракI гвангъарав. Гьев вукIана Яманалъул щуюзал, Шамалъул гIалимзаби, ГIиракъалъул мугьтаби жиндие мукIурлъарав, караматал ретIулеб ТIуба алжаналъул гъветI. Гьев вукIана Акваназул Сайидлъунги, къарнудал Имамлъунги, тIолго гIаламалъул гIариплъунги, гIифраналъул ралъадлъунги ва гIелмуялъул гIимадлъунги.
Нилъеда киназдаго Аллагь гурхIаги. Амин!
КЪАРНУЯЛЪУЛ ИМАМЗАБИ
Абу Давудидасанги, ХIакимидасанги ва цогидаздасанги бачIараб МухIамад Аварагасул ﷺ хIадисалда абулеб буго: «Аллагьасﷻ жиндицаго ритIулила гьаб умматалде щибаб нусил бетIералда, жидеца дин цIи гьабулел Имамзаби», - абун.
1. Гьелъул тIоцебесеб нусил бетIералда къарнудал Имамлъун вукIун вуго ГIабдулгIазизил вас ГIумар قدس سره.
2. КIиабилев Идрисил вас МухIамад قدس سره Ащ-Шафийи абулеб бакIалдаса.
3. Лъабабилев АщгIарияв قدس سره вукIанила.
4. Ункъабилев Абубакар Бакъланийи قدس سره вукIанила.
5. Щуабилев Имамлъун Гъазалийи قدس سره вукIанила.
6. Анлъабилев Алъ Фахрулъ Разийи قدس سره вукIанила.
7. Анкьабилев Ибну Дакъикъил ГIиди قدس سره вукIанила.
8. Микьабилев Алъ- Балкъийи قدس سره вукIанила.
9. ИчIабилел алъ-шайхул Закариял Ансарийги قدس سره ва Авил СуютIийиги قدس سره рукIанила.
10. АнцIабилев Алъ-Шайхул АхIмад бину ХIажарил Гьайтамийи قدس سره вукIанила.
11. АнцIила цоабилев ГIабдуллагь бину ГIавийи قدس سره вукIанила.
«Бигьят» абураб тIехьалъул гьамишалда буго гьанибе щвезегIан бугеб баян.
12. АнцIила кIиабилеб нусго сонил Имамлъун ГIалавийи абулеб бакIалдаса СамитIул ГIумарил вас АхIмад قدس سره вукIанила.
13. АнцIила лъабабилеб къарнуялъул Имамзабилъун рукIана Къурсавийи абулеб бакIалдаса Ибрагьимил вас ГIабдул Насир قدس سره ва Абунасир Барадий قدس سره.
14. АнцIила ункъабилеб къарнуялъул Имамлъун вукIана МухIамад-хIажи аль-ГIободи قدس سره. Гьавураб бакI ХIунзахъ районалъул ГIобода росу. МагIарулав. Дагъистанияв. Ахиралда чIчIараб бакI Шамалдаги Маккаялдаги букIарав. Хвараб бакI Макка шагьар. Вукъараб бакI «МугIала» хабалалъ «ЩагIабатул нур» абулеб бакIалда. Аварагасул ﷺ хъизан Хадижатида нахъа.
Сайид ГIободиясул قدس سره «Канз-уд-дурар» абураб тIехьалдаса босараб баян буго гьабцояб.
Гьаб къарнуялъулъ жив Имам вугилан,
Ижтигьад жиндие букIин лъалаан.
Гьесие гьеб букIин щаклъи гьечIолъи
«Шархул мухтасаралъ» баян гьабуна.
Макка-ХIарамалда рухIанияб хIалги, гIелмияб жанги гIалимзабаз борцунелъул, мун къираллъун тана къадру-асалъул, къарнудал мужадид вугинги абун.
ТIагьаясул ﷺ суннат-хIадис жинда жанисан чваххулеб жавгьарул гомог, дин цIигьабизе цIи баккараб гIаламатго гвангъараб моцIлъун загьирлъана мун Хундерил тIалъиялда. Ва амма гьелъул иллагьияб канлъи, караматаб нурлъун, тIибитIана Макка-Мадинаялъул ракьалдагицин. Иман-исламалъул вассиф- мусаниф, дур къиматги, къадруги ва даражаги жеги лъанго бахъунеб гьечIо эбелаб Дагъистаналда, исламияб дунялалъго дуе бетIер къуланиги, мун анцIила ункъабилеб нусго сонил Имамлъун лъазавун вукIаниги.
ТIолго гIуламаал мукIурав Сийид, авлияъзабазул зодил малаик, мун гьечIого буго, бечIараб гъветIлъун, гъаримаб Дагъистан ятимлъиялда. Духъ хIакъдулел ругин ккола гьанжеги, гьал чармил кьураби дагъистаналъул, кьижараб махлукъат борчIилеб хIалалъ, Аллагьасﷻ кьун букIараб баркат заманалда босизе ва къимат гьабизе лъачIел.
Вай, жагьиллъиялъул ахирзамана!
Иман загIиплъараб, гIурул рикьаби.
Вай, ахIмакълъиялъул иххил щущаби,
Щалайдулъ тIерхьараб нухлул пасалъи!
Иххал журан руго иццазда гъорлъе,
Аллагьﷻ! Дур квербакъи пакъирал нижей!
Кьижицин букIана Сайид ГIободиясул قدس سره гIаламатаб- берал къанщулареб. Гьесул ВахIюясул гIамал букIана, жив лъикI валагьани, гамачI биунеб. Гьединго, хIухьел Сайидас тIаде пуни, кигIан захIматабги ругъун сахлъулаан, бер къапилалде.
Хундерил тIалъиялда бижараб чамасдакил гъветI, МугIала разияв ГIободияв вукIана жиндир гIумруялъул гIемерисебги заман кIал ккун, гIибадаталда арав, Аллагьﷻ разияв Вали- шайих. ЦохIо тIохол къайиялдаги лъедаги гIей гьабун унаан букIараб гьев кIудияв мужадидасул тIубарабго къо. Гьев вукIана кутакалда кваникъав инсан. Хасго ахирал соназ абуни цохIо рукьбиги тIомги хутIун букIанин абизе бегьула гьесул черхалъул. Амма гьедин бугониги, Сайид ГIободиясул قدس سره чорхолъ букIана кутакаб жанги ва тирилъиги. БукIунаан заман анкьида жаниб анлъго къоялъ кIалги ккун, анкьабилеб къоялъ гьев мажгиталдаса къватIиве вахъунеб мехалда, ворт-вортун унебгицин. Гьеле гьедин ракI бацIцIадго Аллагьасеﷻ гIибадаталда тIамуна Сайид ГIободияс قدس سره, жиб Аллагьасﷻ щивав чиясе гIицIго цохIо нухалда гурони кьолареб ракьалъул гIумру, кинабго рахъалъ Аварагасулﷺ суннаталде ва шаригIаталде кIварги кьолаго.
Аллагьасﷻ, алжанги кьун, кIодо рагьериги гьевги нилъги ахираталъул рокъоб. Амин!
Дагъистаналъул халкъалда гьоркьоб жеги хутIараб бицен буго Сайид ГIободияв قدس سره мунафикъзабаца валагьулеб мехалъ, Аллагьасﷻ гIанкIудал ханида жанив вахчизавун, гьезухъе кодове щвезе течIилан абун. Гьеле гьединав гIаламатго хIикматав Сайид вукIана анцIила ункъабилеб къарнуялъул Имам МухIамадхIажи ГIободияв قدس سره.
Гьелдасаги якъинаб хIакъикъат живго цохIо Аллагьасдаﷻ лъала!
Аллагьﷻ гурхIаги киналго бусурбабазда. Амин!
ЧIохъа КъутIбул Гъавс ИсмагIилقدس سره
Истамбулалда мугьажирлъуда вукIарав ЧIохъа КъутIбул Гъавс ИсмагIилقدس سره шайихас Сайид ГIободиясулгун рагIизабуна жиндирго гьудуллъи, гьесулгун букIараб бахIсалдаса хадуб, ГIободиясеги кинабго рахъалъ мукIурлъун ва Сайид ГIободиясда قدس سره алжан баркун рохелги бицана.
Гьеле гьединал рукIана доб заманаялъ Дагъистаналъул гIалимзаби, цояздаса-цоял кигIан дагьалъниги нахъе ккечIел. Аллагьасﷻ, гьезул кумекалдалъун ва баракаталдалъун Агъвалазул къояца къварилъи бигьа гьабеги нилъее киназего! Амин!
***
Сайид ГIободияв قدس سره вукIана жиндир заманалда тIубараб исламияб дунялалъего хIакъаб исламияб дин жиндица къачIалев хIикматав къебедлъунги, къарнуялъул рухIияв цевехъанлъунги, цевеса аниги, тIадеялдаса-тIаде жиндир къадру борхун гурони, гьеб кидаго гIодобе ккечIев гIелмияб бакъги, жинда тIубараб Кьуръанго рекIехъе лъалев камилав хIафизги.
Сайидасулъ букIана кванил тIагIам босичIого букIунеб гIорцIиги, лъим гьекъечIого букIунеб къечхьвайги, рукьбазда тIад цохIо тIом гуреб гьанго хутIун букIинчIониги, хIикматаб жанги. Гьеб киналъулъго букIана КъутIбул Гъавсасул хаслъиги, тIадегIанлъиги, гIаламатаб гIакъиллъиги ва гIакъилаб гIадатлъиги.
Гьедин, анцIго соналде гIагарун заманаялъ, Сайид ГIободияс قدس سره Имамлъи гьабуна, жинда Аллагьасулﷻ салатгин салам лъеяв Халкъалъулго Хирияв МухIамад Авараг ﷺ жанив гьавураб Макка шагьаралъе ва сверухъе ругел гIарабиязул бусурбабазул пачалихъазе. Гьенибги хасго загьирлъана Сайидасул хIикматаб гIелмуги, хIаракатаб динияб жигарчилъиги, гIаламатго- хIикматал кашфу-караматалги.
Сайид ГIободиясда сверухъ цолъана машгьурал гIалимзаби, гьез Дагъистаналде ритIулаан хIажатал тIахьал, малъиялъул кагътал, хIаракат бахъулаан Дагъистаналда дин чучлъун гутIиялъе жидехъа бажарараб хIалтIи гьабизе.
Маккаялда бугеб Сайид ГIободиясул قدس سره рукъ букIана нилъер хIажизабазе гьоболрукълъун. Гьенир данделъулаан Дагъистаналъул хIажизаби ва дандбалаан ватIаналда бугеб сиясатиябгун-динияб ахIбал-хIалги ва жидецаго балъго-гIатIго гьаризе кколел ишалги.
Дагъистаналда хадубккунги дин цIуни мурадалда, Сайид ГIободияс قدس سره ватIаналде хIажизабазухъ ритIулаан цIакъго къанагIатал ва жидер цIакъго багьа хириял тIахьал, насихIат гьарун малъа-хъваязул кагътал. Гьеб киналдасаго кIудияб кумекги щолаан ГIободиясул маъзумзабазеги, муридзабазеги ва гIадатиял бусурбабазеги. Живго Макка-Мадинаялъул ракьалда вугониги, Сайид ГIободиясул ракIги пикрабиги кидаго рукIунаан Дагъистаналда, жиндирго муридзабазда цадахъ.
Гьесул динияб чIаголъиялъги, гIелмияб тIадегIанлъиялъги кIудияб квербакъи гьабуна дагъистаниязе, дол бидрихарал граждан рагьул соназдаги, гIалимзабазда тIад кафурзабаз вахIщилъиялъул михир бачунеб заманалдаги.
АнцIгониги соналъ Масжидул ХIарамалда Имамлъиги шайихлъиги гьабун, лъабкъоялда анцIго сонил ригьалде вахиндал, 1895 соналъ Макка шагьаралда накълолъана анцIила ункъабилеб нусго сонил Имам, Дагъистаналъул Хундерил тIалъиялда гьоркьобе унеб ГIобода росулъа тIарикъаталъул кIудияв устар Сайид ГIободияв قدس سره Маккашарипица, Зам-замалъул лъеца черхги чурун, Маккаялъул хабалалъ, Хирияв МухIамад Аварагасулﷺ лъади, гьесул умматалъулго эбел Хадижатил Кубраялда хьолбохъан щуабилев вукъунги вуго «МугIалла» абураб хабзалазул «ШагIабатул нур» абураб рахъалда.
Цояздаса-цоял гIелму-лъай жидер бугел гIарабиязул гIалимзабаз, кIудияб адаб-хIурматалда вукъана гьеб хабалалъ «ГIарабиязул гьудул, Дагъистаналъул жавгьар» - Сайид ГIободияв قدس سره
Гьанже рачIа гIодизе, гIарифасда ракI бугел,
Муъминзабазул эмен ун рагIулин кодоса.
МухIамадил Бухари холелъул тIаде щвана,
Халкъалъул муршидасул рухI бахъизе рекIиндал.
МухIамадил Увайси, мусру босун вачIана,
Накъшубандалъул шайих къадаралде щванилан.
Сайид-Амир Кулани, кваранаб рахъалъ чIчIана,
ГIарипу Ривкариги, квегIаб рахъалда чIчIана.
Салам кьун ГIабдулхаликъ, гIедегIун тIаде щвана,
Юсупун Гьамданияс гьумералда баана.
АхIмадун Саргъандияв сверун лъугьун цIалдана,
ХасМухIамад Ширвани, МухIамадун Ярагьи,
Жамалудин Гъумукъи, ГIабдурахIман Сугъури,
Накъшубандияв шайих дуниял тун унелъул,
Киназулго равхIани гьесда аскIор рачIана.
Бакъ-моцI буго къварилъун, къоял руго чIегIерлъун,
Зобал руго багIарлъун, ГIарш-Курс буго гьалаглъун,
РахIматалъул бахIарав лахIтуялде чваххидал.
Чара хвана халкъалъул, халафа хун ватидал,
ГIаламалъулго чирахъ чи гьечIого хутIидал.
Алжаналъул хIавраал ракI гъезе тIад рещтIана,
ГIободияв чуризе Маккашариф лъугьана,
Зам-замалъул лъим босун, Байтулагьалда аскIоб
Гьеб рукъалда жанисан кIудаб гьаракь рагIана:
Чуруге гьев халафа, хун вугин гьев шагьидлъун.
Гьабизе жо лъачIого Маккашариф хутIана,
Жинца гьев чурилилан къотIи гьабун букIиндал.
КIиабизе рагIана цойги амруяб гьаракь:
Чуре дуца гьев муршид, цIакъго хIурматаб хIалалъ.
Лъабабизе рагIана гьебго рокъосан гьаракь,
Аллагьасулﷻ рахъалъан гьеб букIин якъинлъана.
Цебе гьаракь гьабураб, хIал хъубаб щайтIан буго,
ЧуричIого халафа хабалъ лъезе бокьараб.
КIиабизе кIалъарав Хизри авараг вуго,
Жаназадул как базе ЖабрагIилгун вачIарав.
Зам-замалъ черхги чурун, Маккаялъул хабзалалъ,
Хадижатида аскIов «МугIалаялда» лъуна.
Гьаб халкъалъул агьлуялъ гьесул адаб гьабичIо:
Гьалаглъана Дагъистан, тIаде бачIана балагь.
Мажгиталги къакъана, къварилъаби рачIана,
Вакъфу, чирахъ тIагIана, тIибитIана пасалъи.
Нужой бокьун батани зулму тIаса босизе,
Гьев къутIбу вакил гьаве, Аллагьасдаﷻ гьардезе.
КъутIбуяс гьаранани, Бичас жаваб гьабула,
Иншааллагь сверила цебе букIахъе дунял.
Купру, исбат, истизат, атIрапазда расенлъун,
РекIел берал рагьарал муршидзаби тIагIана.
КъутIбуясул тIарикъат, тIагьаясул сиярал,
Салафазда малъарал маъзумзаби лъугIана.
РекIел кIудияв муршид ПирМухIамадхIажияв
Пирдавус алжаналда даимавлъун гьавеги,
ТIолго нилъер халкъалъе шапагIат гьабулевлъун.
Лълъим дагьлъидал гьабилги свера-тири дагьлъула,
Дунял тун Сайид индал, ратIаифал дагьлъана.
ТIавус аскIоб бугони, тIанчIи цIакъ расандула,
ТIаса къутIбу къотIидал, къалбуялъ зикру тана.
Пуружин тIуни сагIат, сверичIого букIуна,
Кьурулеб цIал бекидал, султIану-зикру чIчIана.
ТIолго аварагзаби, киналго авлияал
Ана гьел Бархазалде, панаяб дунялги тун.
Огь, мискин дун, пакъир дун, къачIадуларев щай дун,
ГIисяналъул гIор гьекъон, гIорцIуларев пакъирас,
ШапагIаталде хьул лъун, назму данде гьабуна.
Илбисалъул чу рекIун чороклъарав катибас,
Баракат тIалаб гьабун, ГIободияв рехсана.
ГIалимзаби руссараб, берцинаб мажлисалда
АхIе СайидхIусенил гьидаятлъун букIине.
Жакъа къоялъги Сайид ГIободиясул قدس سره ирсилал ва гIагарлъи гIумру гьабун руго гьев кIудияв валиясул гIагараб росу ГIобода. Гьединго, бицен буго Маккаялда ругел Сайид ГIободиясул قدس سره гIагарлъиги лъикIаб кьадру-кьиматалда ругел гIадамал ругин абун.
Гьев КьутIбул гьавсасул вас Насири ГIободи вукIун вуго кIикъоялда анцIабилел соназ Макка шагьаралъул цIикIкIараб, жавабияб хъулухъалда.
Аллагьасﷻ гьев Сайид ГIободиясул قدس سره баракатаб даража нилъе-нилъееги насиб гьабеги кIиябго дунялалда. Амин!
НАКЪШУБАНДИЯБ ТIАРИКЪАТАЛЪУЛ СИЛСИЛА:
1. МухIамад Аварагﷺ
2. Абубукар Сидикъ قدس سره
3. Салман Аль-Фариси قدس سره
4. Ибн Абубакар МухIамад Кьасим قدس سره
5. ЖагIфару Сиддикьи кь.с.
6. Абуязид БастIами ТIайфур кь.с.
7. АбулхIасан Харкьани кь.с.
8. Абу ГIали Аль-Фармади кь.с.
9. Юсуф Аль-Гьамдани قدس سره
10. ГIабдулхаликъ Алъ-Гъуждувани قدس سره
11. ГI арифал Арр-Ривкари قدس سره
12. МахIмуд Инжир Алъ-Фагьнави قدس سره
13. ГIали Арр-Римитни къс.
14. МухIамад Баба Самаси قدس سره
15. Сайид Амир Аль-Кулали قدس سره
16. МухIамад Багьауддин Ан-Накъшубанди قدس سره
17. ГIалауддин Аль ГIатари قدس سره
18. ЯгIкъуб Аль- Чархи ХIассари قدس سره
19. ГIубайдуллагь Ахрар Хаважагь قدس سره
20. МухIамад Загьид قدس سره
21. Дарвиш МухIамад قدس سره
22. Хаважаки Аль- Амкани قدس سره
23. МухIамад Аль- Бакъи قدس سره
24. АхIмад Аль- Фарукъи قدس سره
25. МухIамад МагIсум Аль- Фарукъи قدس سره
26. Сайфуддин Аль- Саргьанди قدس سره
27. НурМухIамад Бадвани قدس سره
28. ХIабибуллагь Дигьлави قدس سره
29. ГIабдулла Дигьлави قدس سره
30. Халид шах Багъдади قدس سره
31. ИсмагIил Аль- Курдамири قدس سره
32. ХасМухIамад Аш-Ширвани قدس سره
33. МухIамад Аль- Ярагъи قدس سره
34. Жамалудин Гъумукъи قدس سره
35. ГIабдурахIманхIажи Аль- Сугъури قدس سره
36. Саййидунал ГIободи قدس سره
Живго Сайид ГIободияс قدس سره абуна: «Дица нуж нахърилъине маъзумзаби рихьизарун тана, кьучIаб нух дунялалда хIалтIизабизеги, гIавамал жидеца тIоритIизеги, нуж эзда нахърилъинеги, Аллагьасулгиﷻ, Аварагасулгиﷺ изнуялдалъун гьал хадур рехсарал гIадамал рихьизаруна нуж нахъ рилълъине. Гьав дир халапа ХIажиахIмад Гьухъали Гъумекиса Мадинаялдеги вачун, халапалъун чIчIезе гьавуна, чIчIезе гьавиялъул кагъаталда халапалъиялъе мугьруги чIвана. Гьасда разияв чи- дида разияв чи вуго, силсилаялда разияв чи- Аварагасдаﷺ разияв чи вуго, Аварагасдаﷺ разияв чи- Аллагьасдаﷻ разияв чи вуго. Нужеца гьасдаса кIвараб мунпагIат босе. Хадуб абуни гьаб халапалъи нахъа вачIине вугев васасухъе бачIине буго, кагъатги кьун изнуялдалъун. Гьев васги Аргъваниса ХIажи вуго рахIим. Гьаб нилъ жанир ругеб къарнуялъул азаралда ункънусабилел сонал руго. Дица рихьизарун тана, кодоре кагъталги кьун, мугьруги чIван, изнуги кьун хадур рехсарал маъзумзаби:
1. Къилбаялъул рахъалда тана ГIуриса ГIусмандибир;
2. МугIрузул рахъалда тана ПирмухIамадхIажи Хушдадаса. Гьесул кагъаталда нахъияб рахъалда халапаясе чIвалеб мугьруги чIвана, гьесдаса разилъун;
3. Хьиндал халкъалъе Ингишоса АбубакархIажияв тана, изнудал кагъатги кьун, мугьруги чIван;
4. ГIавухъалъа ТIалхIатхIажияв тана, маъзумлъиялъул кагъатги кьун, мугьруги чIван;
5. Турхъалиса Идрис тана, хъван кодобе кагъатги кьун, мугьруги чIван;
6. ГIамиргIалихIажияв Алмахъалдаса тана, хъван кодобе кагъатги кьун, мугьруги чIван;
7. ГIандиса ГIабдулагь тана, кагъатги кьун, мугьруги чIван.
8. Акнадаса НурмухIаммдхIижияв тана Къадирияб тIарикъаталъе изнуги кьун.
«…Дица Дагъистаналъулги ва Чачаназулги халкъал тIоритIизе гьал маъзумзаби тана, жодое тIубараб изнуги кьун, щибго щаклъи гьечIеб хIалалда», -ян абун.
Гьалдасаги мухIканаб хIакъикъат цохIо Аллагьасдаﷻ лъала!
САЙИД ГIОБОДИЯВ قدس سره - ГIЕЛМУДАЛ РАЛЪАД
Жинда салат салам лъеяв нилъер хирияв МухIамад Аварагасулﷺ цо хIадисалда абулеб буго: «Нужеца гIелму щула гьабейила хъваялдалъун» абун. Нилъер анкьумумулъанго бачIараб абиги бугелъулха: «Къалмица хъвараб - хонжроца хъвагIаларо» абун.
Сайид ГIободияв قدس سره вукIана гIажаибго караматаб гIелмудал ралъад. Гьеб дунялго жинда хIайранаб ралъдал тIиноги, гIатIилъиги ва берцинлъиги дагьабниги нилъедаго лъазе ккани, нилъ раккизе ккола Сайид ГIободияс قدس سره гIемераб къоги бихьун, заманги тIад хвезабун хъварал, кинабго рахъ жидер камилал, хIикматал тIахьаздеги ва гьесул хIакъалъулъ ругел цо-цогIаги нилъерго ракьцоял гIалимзабазул, мукъсанал ругониги, баяназдеги.
Диналъул чирахъал, чияр ракьалда,
Ракьулъ рукъарал нуж къанабакь лъечIо!
Къадар щун Аллагьасﷻ рачун аниги,
Анирго хутIана, хвел гьечIеллъун нуж.
Сайид ГIободияс قدس سره гIадин, цудунго къалам кодобе босарав гIалимчи Дагъистаналъул тарихалда киданиги вукIинчIин абуниги, нилъ кигIан дагьалъниги мекъи ккеларо. Нилъеца тIехьалъул байбихьудаго бицен гьабун букIана гьев гIаламатав Сайид قدس سره хъвадаризе жувараб куцалъул хIакъалъулъ. РачIа тIад руссинин гьенирего:
.Жеги щуго сон тIубачIев чи МухIамад قدس سره инсул щакъи- къаламгун квал-квадизе жувайдал, инсуца васасда гьикъана: «Щиб дуе бокьун бугеб, дир вас?» - абун.
Васас жаваб кьуна: «Дие цIализе-хъвазе лъазе бокьун буго, дада!» -абун. Инсуда гIемерав воххиялъ магIу кквезе кIвечIо: гьес гьитIинав МухIамад قدس سره, кодовеги восун, каранде къана, «дир баракатаб хазина» янги абун.
Инсуца хIурупалги хъван, гьел васасда кодоре кьуна.
-Дада! Ал дида лъалагури! - янги абун, щуго сон барав васас, лъицаниги малъун рукIинчIониги, киналго хIарпал цIалула.
Ва гьелдалъун инсуе мухIканлъана жиндирго гьитIинав МухIамад قدس سره гIарипинав вугевлъи.
ГIажаибго къаси-къад тIад чIчIун, кIудияв чияс гIадин, лъазабулеб букIана гьитIинав МухIамадица قدس سره гIелму. Щиб суал гьесие кIудияз кьуниги, гьеб параялдаго щолеб букIана чIванкъотIараб, мухIканаб ва битIараб жаваб гьитIинав гIалимчиясдасан. Гьеб букIана гIажаибаб гIаламат, жибго гIабадерил росдае гуребги, тIолабго Хундерил тIалъиялъгоцин жинда хIикмат гьабураб.
Гьадиятлъун халкъалъе Къадирас кьурав Сайидас قدس سره хIалкIун балъго гьабулеб букIана рекIелъе гьулчун бачIун, тIадеялдаса- тIаде хIикматалъул хIавузалде сверулеб бугеб сирруялъул гIажаибаб асар.
МухIамадица قدس سره цIакъго цудунго тIокIкIинабуна жиндирго инсудасан босизе рес букIараб гIелму. Гьесда бичIчIана жиндие хадусеб гIелмуялъул ралъдал гъварилъиги, паналъиги, пасихIлъиги ва камиллъиги щвезе рес букIин гIадатиял гIалимзабаздасан гуреб, гIицIго гIарипиназдасан.
ВукIинисев КъутIбул Гъавсас قدس سره инсуда лъазабуна:
-ГIицIго гIарипиназдасан буго бецIал ракIазе канлъи. Гьединлъидал, дицаги гIицIго гьездасан тIалаб гьабизеги буго диего хадубккун букIинисеб исламияб гIелму, - абун.
Кинабго рахъалъ жиб бусурбабазе хирияб Макка-Мадинаялъул ракьалде щведал, Сайид ГIободиясе قدس سره рес ккана ахирги, рагIа-ракьанде щун, Аллагьасﷻ жиндие гьарзаго кьураб гIелму-лъаялдаса пайда босизе ва ракI-ракIалъ рагьун диналъул бицине. КъутIбул гъавсасда قدس سره гьениб батана эркенго жиндирго пикру загьир гьабизе ресги ва гIеллъуялда тIад хIалтIизе квегIенлъабиги. Хирияв Аварагасулﷺ ракьалда Сайид ГIободиясда قدس سره кинабго рахъалъ квер чIвана, гьеб баракатаб ракьалъул цояздаса-цоял цIакъал цIар бугел гIалимзабазги, гIакъилзабазги, тIарикъаталъул устарзабазги ва диниял хIаракатчагIазги. Гьеб киналъго Сайид ГIободиясе قدس سره рес кьуна гIелмиял тIахьазда тIад хIалтIизеги ва гьел гIадатиял бусурбабазухъе щвезаризеги. Дагъистаналде жиндаго хадур рилъаразе кумекалъе къанагIатал тIахьал ва малъа- хъваялъул кагътал ритIизеги.
Сайид ГIободияв قدس سره жиндие киналго мукIурав камилав муршид вукIин гуребги, гьесулъ букIана инсанасул рекIелъ диналъул чирахъ бакизе кIолеб гIажаибго хIикматаб ва хIайранаб даражаялъул рухIияб къуватги, пикруялъул гъварилъиги, каламалъул пасихIлъиги ва къаламалъул бегIерлъиги.
ГIелмияб рахъалъги киназдаго лъазе кколел къанунал гIадамазда лъазе гьариялдаго цадахъ, Сайид ГIободияс قدس سره гIелмуялъул камиллъиялде жал рахаразе хас гьабун гIараб мацIалъул динияб лугъаталда рекъон хъварал руго киналго гъваридаб магIнаялъул тIахьалги. Гьезул къадар абуни бахуна къоло щугониги тIехьалде. КIудияв Вали-шайихас قدس سره гьел хъвана: Дагъистаналда; Турциялда ва Макка-Мадинаялъул ракьалда. Гьединлъидал, гьел тIахьазул киналго гIадин, рикьа-рихун руго гьелго гIарабиязул улкабазда.
Дагъистаналда абуни руго, гIицIго, гьев Аллагьасулﷻ хIикматав Валияс قدس سره хъварал гьал жидер цIакъго къимат тIадегIанал тIахьал:
1. Сулук МахIмудият
2. Адабул Марзият
3. Манасикул ХIаж-ХIажалъул арканал
4. Набзату фи ГIамали
5. Набзат-ус-санар
6. Набзат-ус-санат
7. Китабул фи БаратIи
8. ШархIул Фигькъил Акбар
9. Канз-уд-дурар
10. Мавагьибул Асрар-Сипатазул бицунеб тIехь
11. МухIаррар-Мухтасаралъе баянал
12. ФатхI-ур-рахIман -РахIманасул рагьи
13. Шаварикъ-ул-анвар
Аслияб къагIидаялъ гьел тIахьазда бицунеб
буго: шаригIаталъул, тIарикъаталъул,
иман-исламалъул, ихIсаналъул, адабазул
ва суннатазул хIакъалъулъ.
…Эсул тIахьазда жанир акъвалал гIемер руго,
Пайда босзе бокьани, бокьарас къвалакье къай.
Кашпу, караматалъе «Канз-уд-дурар» гIоларищ,
Расму-гIадат кьучIдасан рехун бугин бихьизе.
ГIарац-месед нужеца хазинаде цIунуге,
Хазина бокьараца «Канз-уд-дурар» кодоб ккве.
Ралъад буго «МухIарар» лъедезе бокьаразе,
Гьунар бугев гIалимас фатва босе жанисан.
«Шаварикъул Анваран» цоги тIехь буго эсул,
ЦIвабзазда гъорлъ бакъ гIадаб, халкъалъе канъи кьолеб.
Эсул «Набзатул Санад» битIаралде халкъ цIалеб,
Инсанасул мугъ чIвазе сангар къалеб гIадинаб...
Сайид ГIободиясул قدس سره киналго тIахьазул щибаб тIамачалъ борхатаб гьаркьидалъун ахIулеб буго нуж Аварагасул ﷺ суннатазда сундулъго нахъ рилълъаян абун.
Жакъа къоялда гьел тIахьазулгицин буго цIакъго кIудияб кIвар, Сайид ГIободиясул قدس سره гIелмияб даража борциналъеги, гьес динияб гIелму цебе тIезабизе гьабураб жигарчилъиялъеги кколеб битIараб къимат жакъасел наслабаз кьезе букIине, гьесул рухIаниябгун-жамгIияб хIаракатчилъи борциналъеги ва гьелдаса жакъасел дагъистанияз битIун пайда босиялъеги.
Жакъа къоялъгицин дагъистаниязда гьоркьор хутIун руго Сайид ГIободияс قدس سره жиндирго тIахьал гIажаибаб хIикмалъиялда хъвалел рукIарал куцалъул гIаламатал биценал.
Гьале гьезул цояб:
Сиррул къараралде жив ваккизе гьавурав гьебги буго лавхIул махIфузалде гIелму биччараб бакI гьесул къадру-макъамалда хадув чи гъоларо. Дунялалъул рахIат жинца босичIо. Къад гIадамазде вуссун, къаси тIахьазде вуссун, лахIту гIадаб бецIаб рокъов, чирахъги бакичIого, кIалалъ зикруги бачунаго, кваранаб квер къаламги ккун хъвадарилеб, квегIаб чIумал сверулеб букIунаан гьев гъаримасул. Жидерго дарсал цIалулел мутагIилзабиги рукIунаан.
КIал кквейги даимаб букIана. Анлъго къоялъ кIал ккун, анкьабилелъ мажгиталдаса вахъун вачIунаго тарана дагьав. Жинца абуна гьадигIан гIакъуба кьелароан дица гьаб черхалъе букIараб, гIурусазе хъулухъалда ругел милицабиги жужахIалъуй риччаларилан гуребани абун.
Жиндир хьул лъураб жо жиндие щвани, жинца гьеб кваналароан напсалъе бокьараб жо гьабиларилан.
Гьев Сайид ГIободияв قدس سره вукIана камилав шайих, тIадегIанал хIалазул бетIергьан, Аллагьﷻ лъаялдалъун футухIатазул асс, накъшубандияб тIарикъаталъул Сайид, анцIила ункъабилеб къарнуялъул, тIолалго гIарабиялгин-гIажамиял жиндие мукIурав Имам, Аллагьасﷻ дин цIи гьабизе бищунго захIматаб заманалда витIарав мужадид.
Сайид ГIободиясул قدس سره мурид Хьиндахъа МуртазагIалица гьикъун буго жиндирго Вали-шайихасда гьеб лъабабго жо цого заманалда кинин духъа гьабун бажарулеб гьедин мухIканго абун.
Устарас жиндирго муридасе гьадинаб жаваб кьун буго: «Дида тIадаб гьечIо щакъиялдаги ччун мухъил рагIалда къалам лъей гурони. Цинги Аллагьасﷻ, жиндирго къадаралда рекъон, гьеб билълъине гьабула», - абун.
Сайидасул киналго тIахьал Къуръан-хIадисалдасан росун данде гьарурал руго. Гьес гьениб рехсон гьечIо цересел мусанифазул рагIаби, далил бачиналъе гIоло гурони. ТахIкъикъалъул агьлуялъул шартIги цоги чиясул калам далиллъун гурони жидер тIахьазда жаниб хъвалареб буго. Гьелдалъунги бихьулеб буго жинда Аллагьﷻ разилъаяв шайих ГIободиясул макъамалъул тIадегIанлъи.
Расуласул ирс босарал акътIабазе гурони кIудияб фатхIу букIунарелъул, гьедин букIин лъала вализабазул тIахьаздасан. Гьединго, гьесул хиралъабаздасан буго гьев вукIин Аварагасул ﷺ нухалда цIакъ нахъвилълъун, жинда Аллагьﷻ разилъаяв, вукIана хавасаздаги гIавамаздаги жанив, гьелдалъун машгьуравлъун.
Жинда Аллагьﷻ разилъаяв Сайид ГIободияс قدس سره гIемер абулаан: «РекIел хиял; кIалзул жаваб; чорхол гIамал цоцазда рекъон рукIине ккелилан ва суннаталде хилипаб жо шаргIалъ къабул гьабуларелъул», - абун.
Сайид ГIободияс قدس سره хъвалеб буго: «Дица «Канз-уд-дурар» абураб тIехь хъван лъугIараб мехалъ, гьатIипалъ диде ахIана: «Гьеб тIехьни хъванин дуца, амма гьеб бичIизе кIолел гIалимзаби гьечIо Дагъистаналда - ХIоцоса ГIабдулатIипги, ГIоротIаса Шайхул Исламги гурони», - ян абун.
ГьебсагIатго дида ракIалде ккана Муниса ГIабдусаламидагидай, Аргъваниса Шамхалдибиридагидай, ХIоцоса Нажмудинидагидай гьеб бичIчIилареб абун?
ГьатIипалъ ахIана: «Аргъваниса Шамхалдибирасдаги, ХIоцоса Нажмудинидаги бичIчIизе бегьилин гьебан» абун. Амма Муниса ГIабдуласамил хIакъалъулъ щибго жо ахIичIо. Шайхул Исламил хIакъалъулъ дица пикру гьабуна ва гIажаиблъи гьабуна гьатIипалъ Харахьиса СагIидги рехсечIого, Шайхул Ислам рехсеялъе.
Гьеб мехалъ диде ахIана гьатIипалъ Шайхул Исламие файиз битIун Ибну ГIабасидасан бугин.
Гьеб мехалъ дица киналго гIалимзабазул пикру гьабуна, гьезда гъорлъ дида ватичIо ЗанатIаса ГIабдуллагь гурони гьеб бичIчIулев чи. ГьатIипалъ ЗанатIаса ГIабдуллагьги рехсечIо, амма дида ракIалде ккана гьесда малъани, тIехьалъул магIна, гьесда бичIчIилилан.
Гьаб кинабго дица бицараб ккана «Канз-уд-дурар» абураб тIехь хъван бахъун хадуб цохIо сагIаталъул болжалалда жаниб», -абун.
Сайид ГIободияс قدس سره хъванщинал тIахьал цIалана гьал хадур рехсарал гIадамазе: ГIуриса Дибирасе; ГIавухъалъа ТIалхIатхIажиясе; Алмахъалдаса ГIамиргIалихIажиясе; Хунзахъ-Сивухъа ГIалихIажиясеги. Гьал тIахьал лъаларо жиндир изну гьечIев чиясда, мегеж кIкIвалев чиясда, тамахьу цIалев чиясда, цоги фискъуялде кколел пишаби хIалтIизе гьарулев чиясдаги.
«Канз-уд-дурар» - маргъалазул хазина.
Раббанияв Имам, киналго тIарикъатазул къутIбу, шайих МухIамад ХIажи ГIободияс- Къади Къебедил вас Гъомекиса МухIамадил вас кIудияв шайих ГIалица хъвараб «Мухтасаралъе» кьураб баян.
«Мавагьибул асрар» - халкъалъул анкьго батIи-батIиял сипатазул хIакъалъулъ раббанияв Имам МухIамад ХIажи ГIободияс хъвараб тIехь.
Раббанияв Имам МухIамад хIажи ГIободиясул тIехь гьес хъваралдаса хъварав ва гьелъул бетIергьанчи вуго Сомода росулъа МухIамадгIалил вас ХIажи.
«Манасикул хIаж» - хIаж борхулаго тIуразе тIадал жал.
ГIарипиназул Имам, киналго рахъазул къутIбу ХIажи МухIамад ГIободи.
Раббанияв Имам МухIамад хIажи ГIободиясул тIехь гьес хъваралдаса хъварав ва гьелъул бетIергьанчи вуго Къелеса ГIалил вас МухIамад.
***
«МухIарар» абураб жиндирго тIехьалда Сайид ГIободияс قدس سره абун буго кинабго ритIунккей суннаталда нахърилъиналдалъун бугилан. Кинабго хатIалъиги, нухдаса кьуриги суннаталда нахъбугелда релълъун букIуна абун.
Гьединго, гьенибго хъван буго алжаналда Аварагасгунﷺ цадахъ гьалмагълъи суннат ккурал, гьесда нахърилълъарал чагIазе хасаб бугилан.
Гьаб тIехь хъварав чи вуго Аллагьﷻ лъалев гIариф, кIиябго ХIарамалде хIеж гьабурав МухIамадун ГIободи, жинда Аллагьﷻ гурхIаяв.
Раббанияв Имам МухIамад хIажи ГIободиясул тIехь гьес хъваралдаса хъварав ва гьелъул бетIергьанчи вуго Къелеса ГIалил вас МухIамад.
***
«Фикъгьил акбар» - абураб тIехьалъе ГIободияс гьабураб шархI- ай кьураб баян.
Аллагьасулﷻ ГIулумазул гIалим, ссамданияв гIариф, киналго вализабазул сайид, асфияазул кIанцIулеб бакI, анцIила ункъабилеб гIасруялъул мужадид ХIажи МухIамад ГIободи Аваристаналда гьавурав, Маккаялъул МугIалаялда вукъарав.
Раббанияв Имам МухIамад хIажи ГIободиясул тIехь гьес хъваралдаса хъварав ва гьелъул бетIергьанчи вуго Къелеса ГIалил вас МухIамад 1320 1902 сон.
Жинда Аллагьﷻ разилъаяв Сайид ГIободияс قدس سره жиндирго «Набзат-ус-санар» ва «Набзат-ус-санат» абураб тIахьазул авалалда хъвалеб буго авалалда суннаталда нахърилъиналдалъун гIелму хиралъизабиялъул бицунеб бакIалда: «КагIбарукъалъул бетIергьан АллагьасхIаги лъалевги Аллагьﷻ вуго.
Суннаталда рекъараб фикъгьияб масъала, я шаргIияб гIамал лъазе гьаби хирияб буго 70000 хIеж гьабиялдаса, нус-нус гъазават гьабиялдаса, чамалиго азарго гьоко цIураб месед-гIарац садакъаде кьеялдаса, щибаб сардилъ вахъун, къад кIал ккун тIагIат гьабиялдаса. Щай абуни гьеб кинабго холелъул суннаталде хилиплъани.
Киналго хиралъабиги гIамалалги черхалда релълъун ругилан, гьелъул ракIги гIелму-хIикмат бугилан, гьелъул чIаголъиги суннат-итибагI бугилан.» абун.
***
«ФатхI-ур-рахIман»- «РахIманасул рагьи».
ГIариф ГIободияв МухIамад хIажи Авариясقدس سره хъвараб. Гьаб тIехь дица хъвана ГIободиясقدس سره жиндирго квералъ хъваралдасан. Ва гьевги вуго дир шайих, дун вуссунеб бакIги буго, дир рухIги вуго, дир беразул канлъиги вуго, дир рекIеда балеб пихъги вуго.
Раббанияв Имам МухIамад хIажи ГIободиясулقدس سره тIехь гьес хъваралдаса хъварав ва гьелъул бетIергьанчи вуго Къелеса ГIалил вас МухIамад 1323. 1905сон.
«ФатхI-ур-рахIман» абулеб жиндирго тIехьалда жинда Аллагьﷻ разилъаяс абун буго хIисаб гьабурав чиясе гIазаб кьелилан абун бугила Аварагасﷺ . Цинги ПатIиматица абунила фасавфа юхIасабу хIисабан ясиран, ай бигьаяб хIисаб гьабила абун гьечIищ Аллагьасﷻ, ай гьедин хIисаб гьабурав чи кин гIазабалде кколев? Цинги Расулас абуна гьеб бакка-бахъи гьабун бугила кинниги хIисаб гьабуни чи гьалаглъизе вугилан.
Гьаб хIисабалда хадуб, Аллагьﷻ разилъаяс абун буго дида бихьараб жо буго гьеб хIисабги гьалаглъиги суннат теялдалъун букIин, мунагьал гьарун кколеб жо гурин, мунагьал чурулин абун гIемерал аяталги, хIадисалги ругелъул, жеги гIалимзабаз абун буго мунагьал чуреян гьаричIониги чурулилан.
Гьабго тIехьалда абун буго Аллагьﷻ вокьулев вукIин лъалеб жо- суннаталда нахъвилълъин буго абун. Гьединго, гьабго тIехьалда абун буго гьеб рехсараб аяталъ бицунеб рокьиги, нахъвилълъинги гъваридаб ралъад бугилан, гьеб бахунел гумулги щоларо Аллагьﷻ лъаялъулги якъиналъулги гамихъабазухъе гурони. Гьелда тIад дица калам гьабуни, нусго жилд тIахьазул лъугьинаан абун.
***
«Шаварикъ-ул-анвар» абураб тIехьалда хъван буго цо лахIзаталъ Аварагасулгунﷺ гьалмагълъи гьаби анкьабго алжаналдасанги, жаниб бугебщинаб нигIматалдасаги лъикIаб бугилан абун.
Гьединго, гьебго тIехьалда буго абун: «Къул ин кунтум тухиббуна ллагьа фатабигIуни юхIбибкумуллагьу» абураб аяталъул магIна ва гьелъул хIакъалъулъ гьел лагъзадерие дун вокьи гьечIила, МухIамадﷺ , дур суннат ккун, дуда нахърилълъиналдалъун гурони. Аллагьасﷻ Расуласде хитIаб гьабун буго ва абун буго дуда нахърилълъинчIев чиясе дун вокьи букIунарилан. Гьесдаги БетIергьанасдаги гьоркьор пардавал гьарилила суннаталдаса ватIалъараб къадаралда.
Жив Аллагьасдеﷻ щванилан цо чияс дагIба гьабуни, караматалги загьир гьарун, цониги суннат тани гьев гуккарав чи вуго.
Гьесие гьечIо Бичасул рахъалде нисбат, Аллагьасухъеﷻ щвейни кисан щолеб гьесие. Гьеб Расуласда нахъвилълъун вугониги, Аварагасгиﷺ абун буго гьаваялъул лагъ басралъанилан абун.
Гьебго тIехьалда Сайид ГIободияс قدس سره абулеб буго, тIад бугеб хъублъиго гIадин, рекIелъ жаниб бугебги тIагIине гьабизе ккелилан.
Гьелги гьал руго: куфру; нифакъ; чIухIи; хIасад; хIал хъублъи; диналъе гIоло гуреб ццин бахъин; рияъ; хиянат; бахиллъи; махсаро-хочI; рибат; гьереси; мацI; макру; хIилла; тушманлъи; зулму; цIогь; пандур; хъумуз; зурма.
Гьел руго ислам ине гьабулел, ракI бецц гьабулел, макъамалде щвезе толарел жал. РекIелъ макру, хIилла, хъублъи, дунял бокьи гIадал жалги рукIун, как бани, кIутIун тавбуги гьабун, гьеб как цIи гьабизе ккела. Инсанасул рекIелъ гьединал унтабиги рукIаго, гьесие тIагIат-гIибадаталъул мунфагIат букIунаро.
Аварагасﷺ абун буго: «Иманалъул нух- Аллагьﷻ рехсей буго» абун. Гьединго абун буго: «Иманалъул 70-гоялдасаги хадуб гIаркьел бугила. Гьезул бищунго хириябги “Лаиллагьа илаЛлагь” бугила. Ва бищунго гIодобегIанасебги- нухдаса гIадамазе зарал гьабулеб жо нахъе рехи бугила. Нужеца нужерго иман цIи гьабейила «Лаиллагьа илаллагь» абун. Гьелъ мунагь толарила ва гьелдаги Аллагьасдагиﷻ гьоркьоб пардавги гьечIила» абун.
Аллагьуﷻ ТагIалаяс абун буго: «Фазкуруни азкуркум, вашкурули вала такфуруни» абун. Гьелъул магIна ккола: «Нужеца дун рехсей, дица нужги рехсела, нужеца дие щукруги гьабе, ва диде капурлъизеги капурлъуге» абураб. Гьеб аяталда Аллагьﷻ рехсеян абун гьабураб амруги, Аллагьﷻ рехсей тIалъиялъги буго жинда лъан Аллагьﷻ цо гьавиялъул бищун кIудиябги «Лаиллагьа илаллагь» буго.
«Ла» абураб хIарпги цIан, иллагьалъул алифги мухIкан гьабун, гьелъул гьиги сакин гьабичIого, кквечIого, илаллагьалъул гьиги сакин гьабун, илагьалдаги илаллагьалдаги гьоркьоб чIезеги чIечIого абила. «Лаиллагьа илаллагь!» абун щив чи вугониги, цIалел хIарпалги цIан, цохIо нухалъ гьесул 4000 кIудияб мунагь чIуризе гьабула, воре мун кIарчанлъуге гьал рехсарал жалазе.
Гьеб Аллагьﷻ рехсеялъул щуго пиша буго:
ТIоцебесеб- Аллагьﷻ разилъи буго;
КIиабилеб- щайтIаналдаса цIуни буго;
Лъабабилеб- ракI парахалъи ва ракI тIеренлъи буго;
Ункъабилеб- тIагIат гьабизе гъира бахъин буго;
Щуабилеб- мунагьалдаса цIуни буго.
Мун даимлъе квешлъи малъулеб напсалъул сипатал дулъа тIагIинегIан Лаиллагьа илаЛлагь абиялда. Гьелдалъун мун щола сагIадаталъул авалалде, зикру бачунаго дуца ракIалде ккве лаиллагьа абураб мехалъ, щибниги жиндий лагълъи гьабизе ккун лагълъи гьабулеб жо гьаб ракьалда батун гьечIилан абун. Цинги илаЛлагь аби- кутакаб къуваталда квегIаб рахъалда каранда жаниб къазе гьабураб гIадин, бералги данде къай, гIундулги зикруялде гIенеккизе гьаре, каки чуриялдеги даимлъе, вацIадги вукIа, хIарамаб жоялдасаги цIуне. Шайихзабаца тIатараб, ай рагьун зикру бачиналдалъун амру гьабун буго. РакI тархъизе, гъаплат тIагIине зикру гIемер бачиналда тIадчIейги гьабе. ШаригIаталъул рагьдухъги чIчIун, нафсалъул пикруги гьабе, гьеб хвезе гьабе, мунго хвезегIан цебеккунго. Гьединги буго хIадис. Гьеб хвезе гьаби арубаб жоялъул магIнаги буго- гьелъие бокьараб гьабичIого, шаргIалда рекъон гьабе абураб.
Дуда лъай: Аллагьасдасаﷻ хIинкъи буго бищун мунагьаздаса цIунулеб жо. Аллагьасﷻ абун буго лагъасда: «Дица кIиго хIинкъи данде чIвазе гьабиларо абун, ай дунялалда дидаса хIинкъани, ахираталда хIинкъизе гьавиларо. Дунялалда хIинкъичIого вукIани, ахираталда хIинкъизавичIогоги теларо» абун.
Иманалдаса ватIалъиялдаса хIинкъи гьечIого вугев чи, гьелдаса ватIалъилин абун буго цо асхIабас.
Дуда лъай: чорхол гьаваги, Аллагьﷻ разилъиги тIаде бачIунеб жо буго. Гьеб гьава беки гIассилъи ва фасикълъи теялда бараб жо буго. Гьеб кIиябго жоялдаса нахъе цIалеб жоги- зикру буго. Гьелъул хIасилги- Аллагьﷻ разилъи буго. Зикру буго муридзабазул хвалчен, жинда тIадчIчIей гьабурал чагIи цIунулеб.
Ибну МасгIудидасан бицана- Лаиллагьа илаллагьу абурав чиясе лъикIаб буго: гьев чиясе мунагьалъ зарар гьабиларо, ширк бугеб чиясе лъикIаб гIамалалъ мунпагIат гьабуларебго гIадин.
Аллагьﷻ рехсолевги рехсоларевги чиясул мисал буго, чIагоявги хваравги чиясул мисал.
Аварагасﷺ абуна: «Цо чи вугони квенчIчIелтIе диргьамалги ран, садакъа бикьулев, цойгидав чи Аллагьﷻ рехсолев вугони, Аллагьﷻ рехсолев хирияв вуго, жиндица гьеб садакъа бикьулесдасаги», - абун.
Гьединго, абуна цойги хIадисалда: «Бищун хирияб зикру-Лаиллагьа илаллагь буго. Бищун хирияб дугIа- алхIамдулиллагь аби буго. Бищунго Аллагьасеﷻ бокьулеб калима- субхIаналлагьи валхIамдулиллагьи валаиллагьа илаллагьу валагьу Акбар буго», - абун.
Бачинин Аварагасулﷺ цойги хIадис: «Аллагьасﷻ кьураб кигIан гьитIинабги нигIматалде данде алхIамдулиллагь абуни, гьелдасаги лъикIаб нигIмат кьела БетIергьанас».
-Дуда лъай, дир вас, мун Аллагьасулﷻ лагъ вуго. Лагъас гьабизе кколеб жоги, гIисъянги тун, ракI бацIад гьаби буго ва Аллагьﷻ тун нахъияб жоялдаса вуссинги буго. Цинги мунги Аллагьасулﷻ хIикматазул рукъалъул рагьдухъе лъугьина. Цинги мунги гьалаглъиялдасаги цIунила.
Дуе бегьуларел жалаздаса руго: Аллагьﷻ гуреб жо бокьи-гьелъ рекIел бацIалъи хвезе гьабула; Аллагьасдасаﷻ гъапуллъи- киналго гIужазулъ, щибаб жоялъулъ; Аллагьасдеﷻ ширк гьаби; кинабго жоялъулъ Аллагьасдеﷻ мугъчIвай гьабунгутIи; асбабалгун цадахъ Аллагьасулﷻ къадаралъул хал гьаби тей; цониги балагьалъулъ сабру гьабичIого вукIин; Аллагьасулﷻ къадаралда ццин бахъин; щибниги ишалъул Аллагьасул халкъалда чIухIи гьаби.
Ихлас бугев чиясул рекIелъ рукIине кколел жал: Аллагьﷻ вокьи; киналго афгIалазулъ Аллагьﷻ цо гьави; таваккал тIами Аллагьасдеﷻ гьаби киналго умуразулъ; балагьалде сабру гьаби; къадаралда разилъи; Аллагьасеﷻ хIелхIеди ва хIажалъи гIицIго живго Аллагьасдеﷻ буссине гьаби.
Аллагьасдеﷻ гIагарлъиги- битIараб махIабалъул хIасил буго. Гьебги кIудияб гъазаваталъул хIасил буго, дир вас!
КIудияб гъазават абуни ккола: каки чури даим гьаби; хIелун Аллагьﷻ рехсей; ракIалда Аллагьﷻ кквей даим гьаби, гIадамазда гъолъги, живго вугеб бакIадлаги; шайихасул ракIалда ракI бухьин- кидаго гьев жиндаго аскIов вугев гIадин, гьесул сипат-сурат цебе чIчIезе гьабун, гьесдаса файиз тIалаб гьабулеллъунги рукIина; тIагIамги макьуги дагь гьаби; кIал кквей гIемер гьаби; церего рукIарал квешал гьудул-гьалмагъзаби рехонтей; заралиял гIадатал рехун тей; чорхол тIабигIиял жалаздаса нахъчIваравлъун вукIин; кинабго халкъалдаса ватIалъун чIчIей, жеги гъапулав муридасдасацин; бацIадаб жо кванай-гьелъ ракI бацIад гьабула, гьаб заманалда бищунго захIматаб жоги гьеб буго; кваналеб мехалъ хIузуралда кванай, гъаплаталда кваначIого ва гьеб гуреб цойгидабги.
***
Гьанирго лъолел руго Сайид ГIободиясул قدس سره хIакъалъулъ Дагъистаналъул гIалимзабаз жакъалъигIан хъварал цо-цо тIахьазул сияхIги:
1. Сиражудин ХIайбулаев – гIалимчи, филолог, профессор,
2. Ибрагьимил ГIабдулпатахI- гIалимчи,
3. МухIамад ГIабдулгIазизов-писатель,
4. Шигьабудин ХIажи-гIалимчи,
5. ГIабдулагь Хварши-гIалимчи,
6. Гьарадерихъа Юсуп-гIалимчи,
7. Мух1аммадкамил Гьиматов-гIалимчи.
ХIИКМАТАБ МАЖМУГI
М.-К.ГЬИМАТОВ
Жиндаса Аллагьﷻ разилъаяв ва жиндир баракат нилъее насиблъаяв МухIамадхIажи ГIободиявقدس سره вукIана, тIарикъаталъул устар гуревги, кIудияв гIалимчиги. Жиндир мунагьал чураяв Гьарадерихъа Ибрагьимил ГIабдулфатахIица данде гьабун, 1995с. къватIибе биччараб «Сайид ГIободиясулقدس سره караматал, манакъибал» абураб тIехьалъе цеберагIиялда профессор Сиражудин ХIайбулаевас хъвалеб буго: «Абула ГIободиясقدس سره кинабниги 26 тIехь хъванилан. Гьесул хIакъалъулъ нилъеда кодоре щварал баяназда рехсон руго: «Канз-уд-дурар», «Набзат-ус-санар», «ФатхI-ур-рахIман», «Myxlapap», «Набзат-ус-санат», «Шаварикъ-ул-анвар».
Гьелги хъван руго гьваридаб динияб бичIчIиялъул ва лъаялъул кьучIалда, Къуръан, шаригIат, тIарикъат баян гьарун, гьезул балъголъабазде ваккун». ГIободиясул гьел рехсарал гIелмиял асаразда гьоркьоса «Канз-уд-дурар» ва «Набзат-ус-санат» абурал тIахьазул цо-цо бутIабиги гIараб мацIалдаса магIарул мацалде руссинарун, Гьарадерихъа ХIабибуллагьица гьабун буго хIикматаб мажмугI. ХIикматабилан абиялъе гIиллаги буго, устарасул рехсарал тIахьазул таржамаялда журазарун гьелда жанир ратулел рукIун гIемерал батIи-батIиял жал: жиндирго тIехьалъе рецензияби, кIигониги цеберагIи, устар ГIободиясул гIумруялъулги хIаракатчилъиялъулги хIакъалъулъ баянал, гьесул хIакъалъулъ цогидазул фикраби, гьес Дагьистаналде ритIун рачIарал кагьтал ва гь.ц. Гьеб тIехь цIализе рес ккедал, битIахъе бицани, дида яхI гьабизе кIвечIо, гьениса цIакъго дир рекIее асар гьабурал жалги хъан, диего букIине гьитIинабго тIехь гьабичIого. Амма цIакъ хIинкъадго босана къалам кодобе гlypyc хIарпаздалъун хъвалаго гъалат-хатIа ккеладайилан.
Хьул буго Аллагьﷻ тlaca лъугьинилан, устар ГIободиясулقدس سره ва ХIабибуллагьил баракаталдаса махIрумлъиларилан. ТIехь лъугьине гIоло, гьелъул бутIабазул цоцаздехун хурхен букIинелъун рекъа-решезабизе гIоло гIаммал рагIаби гьоркьоре ккезари гурони, гьанир гьечIо дирго пикру загьир гьабулел бакIал. Гьединал чIахIиял гIалимзабазул тIахьазда хъваралда гьоркьове лъугьун, гьелъие шapxl гьабизе ихтияр бугеб даражаялъул чи дунго гьечIевлъиги бичIчIун, кIвараб хIаракат бахъила ХIабибуллагьил ГIажам мажмугIалда бугелдаса кьуричIого хъвазе. Амма цо-цо гIараб рагIаби яги ричIчIизе захIматал бакIал, цIалдолезда ричIчIизе бигьалъизе гIоло, скобкабазда жанире росун, баянлъизарун лъикIилан ккана. Гьеб дир адаб гьечIолъиялдасаги Аллагь тlaca лъугьинев ватила.
Гьаб тIехьалда рехсарал лъугьа-бахъинал ккарал сонал ГIемерисеб бакIадда гьижраялъул тарихалдалъун кьун руго. Гьединлъидал гьелъул хIисаб цIалдолес жинцаго гьабизе, исана 1424 сон букIин лъаларесе гьеб баян гьабиги мустахIикьаблъун бихьула.
Гьарадерихъа ХIабибуллагьица данде гьабураб гьеб хIикматаб мажмугIалъул авалалда лъун руго гьелъие хъварал рецензияби.
ТIОЦЕБЕСЕБ РЕЦЕНЗИЯ
Бисмиллагьи ррахIмани ррахIим. АлхIамадулиллагьи раббал гIаламин. ЗагIипав нужер вац ГIорутIаса МухIамадтIагьир хIакълъунго валагьана гьаб техьалъухъ, жиб бицараб, жиб дандеги гьабураб, нилъер магIарул мацIалдеги буссине гьабураб Гьарадерихъа ХIабибуллагьица жиндаса Аллагьﷻ разилъаяв Гiободиясул قدس سره тIухьдуздасан. Дида гьалда жаниб батичIо Саййидасул قدس سره тIухьдуздехун хилифлъи гьабулеб жо. Дица шукру гьабула жиндица гьев нилъер диналъул вац ХIабибуллагьие квербакъарав Аллагьасеﷻ. Гьелда дандбитIараб ажру лъикIлъи, кири гьабеги Аллагьасﷻ гьесие. Аллагьасﷻ тавфикъги кьеги гьесиеги нилъееги гьаб техьалда жаниб бугеб жо ракьандаса гIосокьги ккун цIунизе.
КIИАБИЛЕБ РЕЦЕНЗИЯ
Къокъ гьабун кьолеб буго
«Гьаб гьитIинаб тIехьалда жаниб буго цIакъ кIудияб жавгьар, босун бажарарав чиясе. Нилъер умумуз гIелму цIалулаан, анцIила щуго — къого соналъ чияр росулъ чIун, нафакъаде кьураб гIицIаб хинкIги кун. Жакъа дуниялалъул боцIи бакIарулел гIадамаз баччулеб бихьула нилъеда, гумуздаги машинабаздаги рекIун, халатал сафаралги гьарун. ЦохIо хасалил дагьал къоязе гIоло риидал нилъеда балебщинаб гIетIги лъала нилъедаго. ЛъугIи гьечIеб ахираталъул рокъоб букIунеб гIазабалдаса цIуни гьитIинаб жо гуро, гьеб рукъалда божулев чиясе. БичIчIулариланги абун, гIодобе рехун течIого, яги щакал жалазда гIамалги гьабун, гуккизе чIечIого, лъалев чиясдасан дарс цIалун, бичIчIизе гьабе. Гьелда тIад унеб жо буго цо анцIго къо. ГIибадаталъул бищун лъикIабги гьеб буго. Аварагасул ﷺ ХIадис буго: «Нужеца гIелму тIалаб гьабе киниялдаса лахIтуялде щвезегIан» - абураб.
Хасго гьаб тIехь бичIчIизе бигьалъуларо. Гьалда жаниб бицун буго фикьгьи, шаригIат, суннат, тIарикъат, магIрифат ва хIакъикъатги, жиб-жиб тIавруялда хас гьабун, гьединго бицун буго цоялъул хIукму цоялъе къотIани мекъи ккеялда хIинкъараб загьирияб лугбузул гIамалалъулги балъгояб рекIел гIамалалъулги хIакъалъуль.
Цинги тIехьалъул «ЦеберагIиялда» Гьарадерихъа ХIабибуллагьица бицунеб буго гьаб тIехь хъваялъул мурад бутила ГIободияв-устарасда нахъвилълъарав чияcда гьесул калам бичIчIизе кумек гьаби. Гьединал кIудиял шайихабазул гIемерисеб калам букIунила батIинадда балъгоялда хурхараб, берда бихьулеб жоялдалъун мисалал рачун, гIатIид гьабун бицани гурони, гIадмазда гIадатиял гIадамазда бичIчIизе захIматаб.
Гьединго цеберагIилъун рикIкIине бегьула гьевго ХIабибуллагьица назмуяддалъун хъварал гьал мухъалги:
Нилъер Имам ГIободияс قدس سره гIавамазул иманалъул
Жиндир «Канз-уд- дураралда» кIиго тайфа бицун буго:
Цо-гуккараб хуррагIияб, хвалда аскIоб тIаса унеб.
Цо-бегьулеб жаизияб, жиб цIубалеб, касбу гьабун.
Гьеб кIиябго иманалъул баян лъазе бокьанани,
Устарасул каламалъул пикру гьабун, гьаб тIехь цIале.
Гьеб гуккараб иманалда агьлу-хъизан бугониги,
Гьел цIунизе цIаялдаса кIалъалев чи рагIуларо.
ТIехьалда руго ГIободияс قدس سره гIелму цIалиялъулги гьесие тIарикъаталъул устарлъиялъе изну кьеялъулги баянал.
«ГIободияв-устар قدس سره жиндаса Аллагьﷻ разилъаяв гьитIинаб мехалъ цIализе ана Гьухъалиса МухIамадида acкloвe. Гьесдасан тIарикъатги босана. Гьедин ГIободиясда قدس سره тIарикъат малъарав чи ккола Гьухъалиса МухIамад. Гьев жиндирго устарги мударрисги Мадинаялде гочун индал, ГIободияв قدس سره вачIуна ГIабдурахIманхIажи Сугъуриясда قدس سره аскIове. Гьенив чIола гIезегIан заманаялъ.
Сугъурияс гьав, къачIазеги къачIан, жиндирго бакIалда чIезавула, ва гьесие изнуги кьола Дагъистаналъул халкьалда кIиябго тIарикъ малъизе: «Лаилагьа иллалагь абурабги ва жалалияб ланзалдалъунги. Гьедин гIемераб заманаялъ Дагъистаналда кIиябго тIарикъалъул устарлъун вукIана МухIамад ГIободияв قدس سره, жиндие ГIабдурахIман Сугъурияс قدس سره халгIатги чалмаги кьурав маъзун».
ХIабибуллагьица хъвалеб буго Сугьурияс قدس سره ГIободиявقدس سره маъзунлъун гьавураб заман жинда лъаларила. Амма гьенибго кьучIаб къагIидаялъ тIаде жубалеб буго анлъго тIарикъалъул устарлъунги кIудияв къутIбулъунги вукIарав Маккаялдаса Саййид ХIусейница, гьижра тарихалъул 1288 соналда хъван мугьруги чIван, гIемерал лъикIал гIадамазда цебесан, ГIободиясеقدس سره изну кьунила 6 тIарикъ малъизе, жиндир хирияб квералъ Саййид ХIусейн ал-Маккиясقدس سره гьесда тIад халгIатги ретIанила чалмаги къанила.
Гьелъул хIакъалъулъ ГIободиясقدس سره хъвалеб буго: «Маккаялдаса кIудияв къутIбу Саййид ХIусейница дида абуна: «Дуца гIелму босуге мухъаздаса, дуца гьеб босе дурго карандаса». Гьенир нугIзаллъун рукIарал гIадамаздаги Саййид ХIусейница абуна: «Гьасда разилъарав чи дида разилъарав чи вуго, дида разилъарав -аварагасда ﷺ разилъарав чи, аварагасда разилъарав чи Аллагьасдаﷻ разилъарав чи вуго. Гьасда разилъичIев чи дида разилъичIев чи вуго, дида разилъичIев аварагасда ﷺ разилъичIев чи вуго, аварагасда разилъичIев чи Аллагьасдаﷻ разилъичIев чи вуго. Дида гьес цIарги тана тавфикъ бугев чийилан. Гьес нагью гьабуна бусурманчиясда фасикъилан абугея гъазаваталда гъорлъеги лъугьунгеян.
Цинги ниж данделъичIо гьелдаса хадуб микьго-ичIго сон инегIан. Нахъеги данделъана жиндаса Аллагьﷻ разилъаяв ГIалибег-хIажи вахъун хадуса ГIалибег-хIажи вахъана 1294 соналда. Цодагьабго цIех-рехги гьабун берцинаб гара-чIвариялдаса хадуб гьес дида абуна жинда гIагардегIан вачIайилан, гIагардегIан вачIайилан. Гьедин тIaca вичIичIого абидал, дагьа-дагьавккун гIагардегIан къана. Къалъул гIужалда бакъул гIдинаб нур букIиндал, гьесул гьурмахъ валагьизе кIоларого вукIана дун. Гъосул какикьжоялда табаррукалда гIодов чIана дун. РохукъотIи къандалъоялда тIад букIана, хутIараб черх букIана гъоркь тIамураб жоялда тIaд. Дица щиб гьабизе кколебали бицана, гIемерисеб бахчун теян къвакIун амруги гьабун, цо-цо загьир гьабизе изнуги кьуна. Цинги дир квералги чурана, гIисинал лъималазул гIадин».
Гьединав кIудияв къутIбуясул изнуялдалъун вахъана МухIамад ГIободиявقدس سره гIадамал тIоритIиялъул нухде. Гьелдаса хадуб гьаб къарнуялъул мужаддидлъунги Имамлъунги гьавуна, шаригIат цIигьабиги гьасие загьирлъана Аллагьасеﷻ бокьараб куцалда анцIила ункъабилеб нусго соналъул авалалда жумадул ула моцIалъул цо рузман къоялъ зухIаялъул гIужалда. Гьелдаса хадубги гьасие фатхIу Аллагьасﷻ цо балъголъи рагьи лугьана 1303 соналъул зулхIиджжа моцIалъул къурбан хъвеялда цебе хамиз сордоялъ.
ГIободиясулقدس سره сифат загьирлъизе, гьесул кIодолъи бихьизе ва Дагъистаналдаса вахъун ун гьижра гьабиялъе гIилла баянлъизеги квербакъи гьабула ШугIайиб-афандияс гьесул хIакъалъулъ хъвараб жоялъги: «ГIелму ладуналда гIамалги бугев, Раббанияб бичIчIиги жиндихъе щварав, гIалимзабазулги гIалим, хириязулги Саййид, рацIцIадазулги тажлъун вугев ХIажи МухIамад-афандиقدس سره, жиндаса Аллагьﷻ разилъияв. Гьев щвана къутIбулъиялъул даражаялде ва кIудиябго валилъиялдеги. Гьев вукIана аварагасул ﷺ суннаталда нахъвилълъиналдалъун АхIмадилﷺ чIунтарал камалатал камилал нухал чIаго гьариялъулъги, аварагасул нухде халкъ тIобитIиялъулъги гIелмуялда гIамал гьабулев кинавго гIалимчи ва камилав муршидги гIажизлъулеб даражаялда. Гьесдаса Аллагьﷻ разилъаги, гьесул баркаталъул файизал нилъедеги щвезе гьареги. Нахъеги гьев вукIана жиндаса Аллагьﷻ разилъаяв Къуръаналъул хIакъикъал ричIчIиялъулъги, хIадисалъул асрарал лъаялъулъги, раббаниял кашфаби рагьиялъулъги, жагьилзабаздаяли щиб гурин, гIалимзабаздагицин жив Жунайд-ал-Багъдади вугилан ракIалде кколев, Абуязид ал-БастIамиги вугилан ракIалде кколев чи. Гьеле гьеб даражаялъе гIоло, гьев гьединаб тIадегIанаб, борхатаб даражаялдаги кIудияб макъамалдаги вукIиналъе гIоло, гьев чIечIо Дагъистаналъул фасатал шагьаразда. Щаян абуни, гьаниб гьесухъа бажарулеб букIинчIо, лъикIаб гьабеян амру гьабизеги квешаб теян амру гьабизеги квербакъулел, кумек гьабулел чагIи рукIинчIелъул. Гьединлъидал гьес гьижра гьабуна гIусманиязул улкабазде, турказул шагьаразде. Амма гьев гьенив халат чIечIо, кIиябго хIарамалде хирияб ракьалде ана. Цо заманаялъ Мадинаялда чIана. Цинги Маккаялде ана. Жиндие хвезе Маккаялда бокьун бугиланги абун, хвезегIан чIана жиб Аллагьасﷻ хира гьабураб Маккаялда. Гьенив накълулъун Аллагьасулﷻ къадаралде щун Маккаялъул хабалалъ МугIаллаялда вукъана 1313 соналъ. Аллагьасﷻ гьесда гурхIел-цIоб лъеги, гьесул даражабаздаса бутIа налъееги щвезе гьабеги. Амин».
Жиндир баракат щваяв Багиниса ШугIайб-афандияс قدس سره гьаниб хъваралда тIадеги баянал ратана ХIабибуллагьица гьабураб тIехьалда ХIажи МухIамад ГIободиясул قدس سره хоб бугеб бакIалъул хIакъалъулъ: «Гьес васият гьабуна МугIаллаялда вукъеян. ГIиллаги бачана, тIaдe зиярат гьабулел чагIазе бигьаяб бакIилилан. Маккаялъул хIукуматалъул гlaдaт букIана, ужра-мухь кьун гурони, МугIаллаялда чи вукъизе толареб. Маккаялда жив чIарав Къарахъа Малла МухIамад абулев чияс хIукуматалде щвезабидал гьев хвеялъул хабар, хIукуматалъ абуна МугIаллаялда вукъеян. Гьенир ругел шайихзабазда гьоркьоб рекъараб бугин Дагъистаналъул шайихасул хоб, щибниги ужраги босугеян абуна».
Ибну ХIажарасул «ТухIбат» абураб тIехьалъе хIашия баян кьей гьабурав мусанниф ГIабдулхIамид аш-Ширваниясда aскIов МугIаллаялда ШагIбатул нур абулеб рахъалда, Маккаялъул агьлуялъ кIудияб хIурматги гьабун, 1313 соналъ вукъана нилъер устар».
ШугIайб-афандияс قدس سره хъваралда тIадеги баянал руго ХIабибуллагьица гьабураб тIехьалда ГIободияс исламалъул ракьалде гьижра гьабиялъул хIакъалъулъги. Гьениб рехсолеб буго гьижраялъ гьав къватIиве вахъараб къоги 1304 соналъул шагIбан моцIалъул анцIила ункъабилеб къо-шамат къо.
ГIободиявгиقدس سره нуха регIун нахъе иналде, Гьоркьоб Гьарадерихъа ТIайиб абулев муридас жинда Аллагьﷻ гурхIаяс гIемерал гIадамалги ругеб бакIалда гьикъун буго, гьанже мунги унев вугин, ниж лъидейин руссинелан. ГIободиясقدس سره жаваб гьабунила дун нухарегIизе гьанире рачIине гIемерал чагIазда ракIалда букIанин, гьеб нужее щванин, нуж кирего кьватIире рахъине ккеларин, лъалев лъаларесдаги малъун рукIаян.
ХIакъикъаталдаги Дагъистаналъул бусурбабазе, хасго магIарулазе бокьун букIун гьечIо ГIободиявقدس سره гьижра гьабун гьаниса къватIиве ине.
Муниса ГIабдусалам-къадица ГIободиявقدس سره шаргIалде ахIун вуго, гьадин нижги тун ине изну кьеларилан. Гьас абун буго: «Нужеца дун гьанив чIаян абуни, диe къокъиналъул нухги къотIани, нуж гIажамиязул милицабаздасаги квешал руго», - йилан. Гьеб мехалъ виччан вуго.
ТIарикъаталъул устар, къарнуялъул Имам Саййид МухIамад ГIободиявقدس سره жидеда аскIоса ватIалъун, рикIкIадаб исламалъул ракьалде гочине къватIиве вахъунеб кьоялъ гьев жидее хириял гIадамаз гьарун буго гьесда цо васият гьабун тейилан.
Гьедин ГIободиясقدس سره жиндие гьабураб васияталъул хIакъалъулъ гьадин хъвалеб буго Тумагъариса МуртазагIали-хIажияс: «Дие васият гьабуна дир гьудул Саййид МухIамад-хIажи ал- ГIободиясقدس سره, диe васият гьабейилан дица абураб мехалъ.
Ццин бахъараб мехалъ, мун вуцIцIун чIа, хIелму гьабе. ХIелмуялъулъ цIакъго кутакги гьабуге, гьоркьохъеб хIалалда чIа. Дуца дур хъизан-агьлуялъул гурхIелалдалъун гIамалги гьабе. Кафурзабазул сифаталда релълъараб сифаталдасаги рикIкIалъе. РатIлилъ исраф гьабиялдасаги риккIкIалъе. Мунго вугеб бакIалда лъикIаб ретIел peтle, гIадамазда аскIов вугев мехалъ квешабги peтle. Фискъу-фужуралдалъун хъублъарал гьаб заманалъул агьлуялдаса дуца кIодо гьаре рацIцIадал малаикзаби. ТIехьалде балагьун, дуда масъала суал бичIараб мехалъ, дуца гьеб къарар гьабе, тIанчил рагIалда тагIликъатал хъван. ТIехъалдаги хъваге какичури гьечIого, таяммумалдалъун букIаниги. Кваранаб квер гурони тIехьалдеги бегьуге.
Гьижраялъул нухде гьев нухарегIизе рахъараб бакIалда Колоб росулъ 1304 соналъ абуна гьес гьедин».
Жиндаса Аллагьﷻ разилъаяв Гьарадерихъа ХIабибуллагьица гьабураб гьеб тIехьалда буго ГIободиясул кIиго чIужу гьев живго хвелалдего хун Маккаялъул рагIалда бугеб Бардасбагь абулеб бакIалда Армуткой абулеб росулъ, гьениб бугеб масжидалда нахъа рукъанилан, гьесие хъулухъалъе цадахъ цо чачанай чIужуги хутIанилан. Гьеб ритIухъ гьабулеб буго живго МухIамадقدس سره шайихасги Маккаялдаса Дагьистаналде битIун бачIараб цо кагьтида. Гьесул цоги чIужуялъул ИнкIкIвалитIаса ХIалимат-Эбелалъул хоб буго ГIорутIа росулъ. Гьелъул хабатIа бараб хIужраги буго. Баракат тIалаб гьабун гьенире зияраталъ гIадамалги хьвадула.
«Канз-уд-дураралда» ГIободиясقدس سره цIакъго гъваридго ва мухIканго баян гьабулеб буго иман щиб жояли. Иман бугила диналъул аслу. Нилъер иман камиллъуларила хъизан-гIагарлъиялдехунги диналъул вацаздехунги гьуинлъи-рокьи рекIелъ гьечIони: «Нужер цонигияв вукIунаро иман лъуравлъун, нужер нафсалъе бокьулеб жо нужерго диналъул вацасеги бокъизегIан».
Хадубги хъвалеб буго иманалъулъ нуж ункъавго Имамасул ШафигIил, АбухIанифал, ХIанбалил, АхIмадил мазгьабалдаса кьуризе бегьуларилан, гIодорехун лъугьун, я тIадехун рахун: «Воре, кантIе. Гьел Имамзабазул нухалги журазарун, вагьабияз цо нух гьабун буго. Гьезул тIахьал Дагъистаналдеги рачIун руго. ГIадамасул хасият буго цо цIияб жо бугилан рагIани, гьеб тIалаб гьабулеб. Гьелдаса цIуне!»
Иманалъул микьго рукнуги рехсон буго ГIободиясقدس سره: тIоцебе зикру, дуниялалъул квешал хиялаздаса-къасдаздаса ракI цIуни, аварагасул суннат хьвадизаби, аварагасул тIабигIат-гIамалги жиндилъго цIуни, шайихасулгун гьалмагълъи кквей, шайихас абичIеб жо кIочон тей, шайихас зикру малъи, живго гIалимчи вугониги, шайихасул гIакълуялда нахъвилълъинги. Гьеб микьабго рукнуялъул цояб камуниги муридасул нахъвилълъин тIубаларила.
ГIободияс абулаанила устарасул хIалалдехун рекъолареб пиша рехун тезегIан мурид даражаялде вахунарилан. Гьеб щибилан гьикъани: хъизаналъе гIакъуба гьаби, мадугьалихъ зарал гьаби ва гьел гурелги рекIелъ ругел квешал къасдаздасан инсанасул лугбалъе жал унел гIамалал.
Аварагасул ﷺ хIадисги хIужжалъун бачун, гьес хъвалеб буго: «ГIадамазулъ нужеда бихьараб мехалъ гьел мутIигIаб бахиллъи, гьел жидерго гьаваялда нахърилълъунги рихьараб мехалъ, дуниял гьез ахираталдаса тlaca бищунги бихьараб мехалъ, щивав чи жиндирго гIакълуялъ гIажаиблъизавунги вихьараб мехалъ, нужеца тIадчIей гьабе нужерго нафсазда. Гьедин гьабуни, къосарав чияс мекъи ккезариялъул зарал нужее букIине гьечIо».
«Канз-уд-дураралъул» 255-абилеб гьумералдаги хъван батула:
«Инсан цо шагьаралда релълъараб жо буго, жинда жаниб кIиябго рахъалдасан кIиго аскар цоцалъ багъулеб бугеб - муъминзабиги кафурзабиги. КIиябго аскаралдаги нус-нус рагъухъан вукIуна - гьелги ккола инсанасул гIамалал-тIабигIатал. Гьезул кIиго наибги бетIерги вукIуна — рухIги нафсги. КIиго Имамги цевехъанги вукIуна — гьелги ккола аварагги шайтIанги. Гьеб шагьаралда кIиго хъалаги букIуна - цоцаздаса цIунулеб». Гьелдаго хадуб баян гьабулеб буго аварагасул сайигъаталдалъун доб шайтIаналъул рахъалда бугеб хъала бахъизе кумек гьабулеб гIамал кколила нусгоялдасан цояб — инсанасул тIабигIат лъикIлъи, вакъун чIеялъ гьелъие квербакъиги гьабулила. Нафсалъ кингоги рухIалда данде рагъ гьабулила шайтIаналъул кумекалдалъун, дол лъикIал гIамалаллъун рикIкIунел 99 гIамалалда гъорлъе шайтIаналъ загьру жубан, гьел квешлъиялде сверизарун. Гьеб мехалъги нафс къезабизе къваригIунила калам дагьлъи. Гьелдалъун рухIалъ нафсги кверде босулила. РухIалъе хъулухъ гьабиялде кколила гьеб нафс. ГIакълуялъул тахида pyxIги гIодоб чIолила. Гьеб инсанасе загьирлъулила Аллагьасе тIагIaт гъабиялдалъун, гьесие лазат кколеб бугони, дин гьесие гьуинлъун бугони, гIисен дандечIей кьогIлъун бугони. Квешал гIамалаздалъун нафсалъе квербакъиги щун, рухIалдаса нафс бергьани, гьеб мехалда иш гIаксалда сверулила. Гьебги загьирлъулила гIисяналдаса нафсалъе лазат кколеб бугони, тIагIатги гьесие кьогIлъун бугони, кIудиял мунагьалги бигьаял жаллъун толел ругони».
МухIамад-хIажи ГIободиясقدس سره бихьизабулеб буго: «Реццарал цIакъго лъикIал гIамалазда гъоркьор бищунго аслияб щуго буго: битIараб бицин, калам дагьлъи, кваналеб жо дагь гъаби, хIажат гьечIеб жоялъухъ балагьиялдаса бер цIуни». Цоги бакIалда гьес хъвалеб буго реццарал сифатазул улбуллъун кколила: щвалде щвараб, унго-унгояб тавбу гьаби, нигIматалда шукру гьаби, къадаралда разилъи, Аллагъасукьаﷻ хIинкъиялдаги хьулалдаги гьоркьов чIей, боцIуда бер хъантIичIого вукIин, гIамал бацIцIад гьаби, тIабигIат берцинлъи, Аллагьﷻ вокъи, Аллагьасдеﷻ хIелхIеди.
Амма нилъеда лъикIалилан кколел гIамалалги, ГIободиясулقدس سره гьеб техь цIалидал, цIакъго бегьулареллъун ричIчIула. Кин бугониги, нилъер ракIбацIцIалъи шаргIалъулъ гъечелъул, гьеб гьабизеги лъугьуна. Масала, ГIободиясقدس سره хъвалеб буго: «Хасго васасе чIужу ячунеб сордоялъ мавлид гьабизе ахIарал гIадамал гьенире ин буго битIахъего квешаб мункар, ай Аллагьас какараб иш. Гьеб къоялъ росулъ ругелщинал гIлохъаби жа гьекъезе цо бакIалде данде гьарула. Гьезие квенги кьачIала, гьединго ясалги къачIала, цIиял ретIелги peтIyн. Къаси кIиялго бахIарал данде гьарула, гъорлъги журала. БахIарасул минаги азбарги цIун букIуна лъица щиб гьабулеб, щиб бицунеб бугебали лъалареб хIалалда мехтараб халкъалъул. Гьанже цIикIкIарал гIадамал, цояб рокъореги ракIарун, мавлид ахIизе лъугьуна, гъагъаб кIудияб мункар гьагъадинги тун. Расги Аллагъасукьагиﷻ нечечIого дугIаги гьабула, цере квералги ккун. Я, ле, дунялалъул боцIуца мехтараб агьлу, гьадинаб бакIалда веццулев чийищ Бичасул авараг ﷺ вугев?!».
«Канз-уд-дураралда» 17-абулеб гьумералда Сайид МухIамад ГIободиясقدس سره рехсолел руго Аллагьасулﷻ ццин бахъиналде инсан вачунел, инсанасул иман загIипльулел, куфруялде нухал рагьулел квешал гIамалал: жагьиллъи, бахиллъи, дунялалде хьул лъей, чIухIи, ццин бахъин, ракI квешлъи, жахIда гьаби, ракI хъублъи, гIужбу, рилъ, квешаб тIабигIат, файда гьечIеб хабар бицин, божуе хиянат гьаби -боцIцIудалъунги черхалдалъунги. Гьел сифатал ругилан хъвалеб буго тIаде кIанцIун жидеца зарал гьабулел гIалхул хIайваназул сифатал. Гьелда абулила нафсул аманат абун. Гьелъул магIнаги: Аллагьасукьа ﷻ хIинкъичIого, лъикIаб букIа, квешаб букIа, нафсалъ малъараб жо гьаби.
Аллагьасукьа хIинкъиги, дуниялалъул рукъ къачIачIого, ахираталъул абадияб рукъ къачIайги, нафсалъе черхалъе бокьараб гьабунгутIиги бусурманчи жужахIалдаса хвасарлъиялъе чара гьечIеб гIамаллъун бихьизабулеб буго «Канз-уд-дурар» абураб тIехьалда тIарикъаталъул шайих МухIамад ГIободиясقدس سره. Нилъ гIадинал гIадатиял гIадамазе мисаллъун букIине кколила Аллагьас жиндие хирияв чилъун - ХIабиблъунﷺ рикIкIарав, халкъалдаса тIаса вищарав, халкъалда дин малъизе ритIарал русулазул кIудияв МухIамадﷺ аварагги гьесул хъизан-агьлуялъул гIадамалги. Гьеб мурадалде буссараб буго тIехьалъул 146 гьумералда рехсараб хIадис:
«ГIумарица бицанила: «Цо къоялъ дун аварагасухъе ана. Жиндирго рокъов туртида тIад вегун ватана. Рукъ букIана тIохги тIaд цураб тIутIураб, бихъ-бихъараб турутги букIана гьесул хьолбохь. ГIумар гIодун вуго. Аварагасﷺ гьикъун буго: «Мун сунца гIодизавурав, я ГIумар?» - абун. ГIумарица жаваб гьабун буго: «Кисраги къайсарги тамахал бусабазда тIaд регун руго. Мун гьаб тIохги тIaд цураб рокъов вуго, тIyтIypaб, бихъ-бихъараб турутги хьолбокь тIамун». Аварагасﷺ абун буго: «Нахъа хьибил лъезде бугеб бакI гьалдаса къвакIараб бугин, тIохилан абуни гьалдасаги тIад цураб бугин, ГIумар», - абун.
Хадубго 147 гьумералда буго цоги хIадис:
«ФатIимат ГIалие кьолеб мехалъ, ФатIимат ячун ине аварагасﷺ axlaнилa жиндадаса Аллагьﷻ разилъаял Абубакар, ГIумар, ГIусман, Салман ва Усаматги. Къайиги къуна: цо кверзул гьобо, цо дабгъил ургу, чамарсдакил хъал жанибе бараб цо къандалъо, чамарсдакIил гагаялъул гьарурал цо чIумал ва цо гелги, цо гьадароги. Абубакар гIодана, ФатIиматил къайиланги абун. Аварагасﷺ гьикъана: «Я Абубакар, сунца мун гIодизавурав?» - абун. ФатIиматил къайийиланги абун, нахъеги гIодана Абубакар. Аварагасﷺ абуна: «Гьабги гIемерго буго дуниялалдаса къокьунев чиясе къайи».
ФатIимат тIаде яхъана, анцIила кIиго рукъи бараб сугърал гурдеги peтIун.
ФатIимат йикIунаан жиндаса Аллагь разилъаяй квералъ гьабалги сверизарун пурчIина ххенолей, мацIалъ Къуръанги цIалулей, ракIалъ магIнаги гьабулей, хIатIица киниги кIибикIулей. КIиябго бадиса магIуги чвахулаан, Аллагьасукьаﷻ хIинкъун».
ГIободиясقدس سره нилъ кантIизарулел руго квешал гIамалазде рачине нилъеда хьолбохъа кьурулареб, Аллагьасﷻ жиндие нагIана кьураб тушман шайтIаналдаса бергьине хIаракат бахъейилан. ШайтIан бергьине тани, гьеб инсанасда тIад рекIунила, нилъ хIамида тIад рекIунел гIадин. Гьелъ гьев инсанги вачуна жиндиего бокьараб бакIалде. Шайихас аманат гьабулеб буго жиндиеги щайтIаналъеги нух бащад бикьизегIаги бажаруларищали хал гьабеян. Гьеб нухлул жиндие тараб рахъадда зазги чIван, жив гьенисан вачIинеги гьукъун, гьеб тушманалъе гIатIилъи гъабугейилан.
«Набзат-ус-санат» абураб кIиабилеб тIехьалда 28-абилеб гьумералда ГIободиясقدس سره хъвалеб буго: «ШаригIат-черх буго, суннат-pyxl буго, магIрифат лъай- къуват буго, хIакъикъат-бичIчIи буго, лебаллъиги буго, загьираб гIелму-киналъего берзул канлъиялда релълъараб жо буго. Черх буго жиб багъарулеб жо, гьеб багъаризабулеб жо pyxIги буго, унеб рахъ бихьулеб жо канлъиги буго. Гьеб лъабабго цадахъ гьечIони, дунял гъабизе бажаруларо. Киналъулго аслуги черх буго. Гьедин данде ккуни, Аллагьасде нилъ рачунеб жо шаригIат буго, шаригIат камил гьабулеб жо суннатги буго, хIалалабги хIарамабги батIа гьабизе лъалеб жо загьираб гIелму буго. Гьаб лъабабго гьечIони, Аллагьﷻ разияб гIамал чиясухъа лъугьунаро. Воре, гьеб нух ккве Аллагьасдеﷻ щвезе бокьарав чияс».
ГIободиясقدس سره гьадин нилъее васият гьабулеб буго Аллагьﷻ лъаялде нужго гIагарлъизе бокьани, гIелму тIалаб гьабеян. Имам Нававиясул гьадинал рагIабиги рехсолел руго гьес, гIелму хиралъизе ккеялде гIадамал кантIизарулеб: «ГIелму буго нилъер киналго кIалзул хIухьелал жиндие нафакъаде кьезе мустахIикъаб жо гIелму гьечIони, инсан вацIцIалъуларо. ВацIцIалъичIев чиясул Аллагьсеﷻ тIагIат-гIибадатги камиллъуларо. РакIги нафсги бацIцIалъичIого гIибадат гьабулев чи релълъунила, хьураб хIайваналъул бакъалги чуричIого, жанибго ракги тун, тIaд гьанги лъун, бакьал цIолев чиясда. Гьединаб бакь квине бегьунгутIи баянаб жо буго.
КигIан гIемер гIибадат гьабуниги, ракIги черхги бацIцIалъизегIан чи квешал гIамалаздаса тархъанлъуларо. РакI буго лугбузул хан. Лугбузул гIамалалда ракI нахъбилълъунаро. РакIалда нахърилълъуна лугбал. Гьединлъидал цин ракIбацIцIад букIине ккола. Гьелъ лугбалги хадур цIала, мунагьал гьариялдаса цIунула. ГIободиясقدس سره хъвалеб буго: «ЖужахIалъул агьлулъун гьев лъугьинавулел гIамалаздаса инсан вацIцIалъизе ккани, ракI бацIцIалъизе ккола квешал къасдаздаса, цинги гьелда дандечIеялдаса лугбалги цIунизе ккола: хIарамаб жоялдаса бер, мацI, гIин цIунизе ккола».
Гьалдасан бичIчIулеб буго: ракI бацIцIалъани, лугбазул гIамалги бацIцIалъулеблъи. Амма лугбазул гIамал лъикIлъи жеги ракI бацIцIалъи кколаро. Масала, дур квералъ цо чиясе садакъа кьуна. Гьеб лъикIаб гIамал буго. Амма дуца гьеб садакъа цо кинаб бугониги пайдаялъе: мунго лъикIав чилъун вихьизе, яги гIадамаз мун сахаватчи вугилан веццизе, яги гъов чияс метер дуе цо лъикIлъи, дур рукъалъул хIалтIи гьабизе гIоло кьун бугони, гьеб дур кверзул гIамал бацIцIадаблъун рикIкIинищ? Гьеб гIамалалде квер гьесизебураб дур рекIелъ бацIцIалъи букIинчIелъул. «Инсанасул ракI рукъалда релълъараб жо буго. Цо рокъоб нурги бецIлъиги цадахъ букIунаро. Чирахъ рекIани, бецIлъи лъутула. Чирахъ свани, бецIлъи жаниб чIола», - гьедин абулаго ГIободиясقدس سره аварагасулﷺ хIадисги рехсолеб буго: «Инсанасул чорхолъ буго цохIо нухалъ чIамизегIанасеб гьанал кесек, жиб лъикIлъани, кинабго черхги лъикIлъулеб, жиб квешлъани, кинабго черх квешлъулеб. РакIин гьеб! KaнтIe нуж! Цо къвачIаялда релълъараб жоги буго гьеб, гъоркь махIцелги букIаго, жинда жаниб лъураб жо, кигIан тIагIамаб, гьуинаб лъуниги, гьениб жаниб махIцунеб».
Гьедин Аллагьасул ХIабибасги ГIободиявقدس سره устарасги бусурбабазде ахIи балеб буго щибаб ишалъулъ, paгIyлъ ва гIамалалъулъ ракI бацIцIад чIезабеян.
Аварагасулﷺ цоги хIадис буго гьениб рехсон: «ХIарамаб жоялде балагьараб мехалъ ракI хола, дабагъ лъугьараб мехалъ тIом холеб гIадин. Гъоркь букIараб хIалалда тIокIаб гьеб буссунаро», -ян. ГIободиясقدس سره абулааниланги хъвалеб буго ХIабибуллагь ал-Гьарадерихъияс: «Азарго нухалъ чураниги, буртина бацIцIалъуларо, гьеб буртинаялъе къачIараб квас чурун гьечIони».
БацIцIадаб буртинаялъе чурун къачIараб квас къваригIунеб гIадин, шаригIат бацIцIалъиялъе къваригIунила инсанасе гIелму. Амма гIелму тIалаб гьабизе ккола исламалъул нух камиллъиялъе. ГIодобиясقدس سره рехсолеб буго, аварагасулﷺ хIадис бугила «ГIалимзабаздехун чIухIи гьабиялъе гIоло, кьерилаздая гьоркьоб тIадегIанлъи щвеялъе гIоло гIелму тIалаб гьабурав чи Аллагьасﷻ жужахIалъуве лъугьинавулилан».
Дагьистаналда гIемерал мадрасабиги рагьун, гьанже гIелму босизе ресалги щун цIалулел ругезе цIакъаб насихIат буго гьеб.
ГIелму тIалаб гьабизе тIадаб букIиналъул бицун хадуб, Сайид МухIамад-хIажи ГIободиясقدس سره 5 шартI бихьизабулеб буго мадрасаялда цIализе чиясе: живго жагьлуялдаса лъай гьечIолъи-бецIлъиялдаса хвасарлъиялъе гIоло цIализе ният гьаби-цo, жиндир гIелмуялдалъун халкъалъе мунфагIат гьабизе къасд гьаби-кIиго, гIелму чIаго гьабиялъе гIоло цIализе къасд гьаби-лъабго хадубккун жинца гьеб гIелмуялда гIамал гьабизе гIоло цIализе лъугьин - ункъо, гьеб ункъабго шартIалъе хилифлъун, ай ракIалде ккечIого цIализе лъугьунев гьечIолъи - щуго.
Жинца Мадраса рагьун, гIадамал цIализаризе ккани, мударрисасеги къваригIунила 10 шартI: тIоцебе -квешал къасдаздаса-хиялаздаса ракI бацIцIалъи, диналъулъ гIадилав вукIин, насаб хиралъи, тIабигIат-гIамалалъул лъикIлъи, гIумруялъ цIикIкIарав вукIин, тIадругел чагIаздаса цIунарав вукIин, жиндие чара гьечIеб къадаралда гурони дунялалда хьул лъурав гьечIолъи, боцIи-мал цIуниялъулъ жинда божизе бегьулев вукIин, жиндирго лъикIаб лъай-гIелму бугев вукIин, дарс цIализе изну бугев вукIин.
Гьал шартIал ричIчIиялъги гIезегIан пайда гьабила гьаб заманаялъул мударрисазе.
Цоги бакIалда ГIободиясقدس سره хъван батула: «Аварагасулﷺ xlaдиc буго: «Нахъзаманалда гьаб уммат муъминчияс яги капурчияс къосинабилилан хIинкъуларо дун. Муъминчи иманалъ цIунула. Капурчиги Аллагьасﷻ гьезда тIaдe виччаларо. Дун хIинкъула ракки жагьилав, мацIалъ хабарги бицунев, ай Аллагьасдаﷻ риханщинаб гIамалги гьабун, мацIалде бачIанщинаб бицунев мунафикъас къосинабилин дир умматилан».
Гьаб хIадисалде мугъчIвайги гьабун, ГIободиясقدس سره кантIизарулел руго цIаларал гIадамазул гIелмуги гIамалги рекъезе ккеялде. Имам Гъазалица абун бугилан хъвалеб буго гьес, гьалбацIалдаса лъутулел гIадин, лъутайин нуж квешал гIалимзабаздасаян.
Гьаб заманаялъул ахIвал-хIал цебеккунго лъалеб букIараб гIадин, Шайихасقدس سره абулеб буго: «Цо тайпа гIадамазул даран-базаралде руссана. ХIалкIвараб гьересиги бицун, дандияв махсародеги ккун, хIалаллъи-хIарамлъиялъул хал гьабичIого, рибаялдасаги цIуничIого, бечелъи тIалаб гьабизе лъугьана». Гьединал гIадамаз, халкъалда цере рахъун, цоцалъ къец бан гIадамазе «гIакълу кьеялъул» букIине бугеб заралги бихьулеб, бичIчIулеб букIун буго гьев кIудияв шайихасда.
«Жидер гIумруго дуниялалъул боцIи тIалаб гьабиялда арал гIадамал цо мажлисалда-хIалкъаялда гIахьаллъани, цIакъ чIухIун, рохун чIола гIалимчийилан цояв, муридилан цояв. Жидеца cиpaтI бахун бугеб гIадин, гIадамазе вагIза-насихIат гьабизеги лъугьуна, жидерго нафсалъ тlaca бищараб жо бицун, Къуръан-хIадисалдаса щибго кьучI гьечIел жал рицун. Жидер рагIиялда тlaд чи кIалъани, кIиявго цоцалъги рагъула жамагIатги гIенеккун. Цого жо цояс хIалал гьабула, цогидас хIарам гьабула. Гьаз гьабулеб гIамалалъухъ балагьани, шаргIалда рекъараб цониги гьебги батуларо. Гьезул боцIиялъухъ халгьабуни, гьел хвараб къоялъ хадуб хъвезе хIалалаб цониги гьебги батуларо. Хъизан-лъималазулги цонигиял ратуларо куфру-нифакъалъул ва фасикъзабазул сифат жиделъ камурал. Гьезул цояв гьаб дагIба сабаблъун куфруялде ккола, цого жо хIалал гьабун, цогидас хIарам гьабун кIалъараб мехалъ. ХIалалаб жо xlapaм гьабуни кафурлъилилан буго, хIарамаб жо хIалал гьабуниги кафурлъилилан буго. Гъоркьгоги иман загIипал гIадамазда, гьазул калам рагIараб мехалъ, ракIалде ккола аслуго гьечIеб, цо-цо гIадамазул пикру-хиялазда тlaд гIуцIараб жо бугин исламилан. Гьебги лъугьуна халкъ къосиналъе сабаблъун».
Гьедин инсан къосинчIого вукIине, гьесие къваригIуна иршад. «Иршад абулеб жо гIадамал тlopитIи буго, загьираб гIелму малъун тIopитIaниги, тIарикъаталъул вирд малъун тIоритIаниги. Гьеб кIиябго нухалдалъун гIадамал тIоритIулев устарасе къваригIуна Аварагасдасанﷺ байбихьун гьоркьоса къотIичIеб тIарикъаталъул силсилаялда вугев чияс изну кьезе, ай жиндирго маъзунлъун гьавизе, чIван мугьругун, изну кьеялъул кагъатги хъван».
Амма гьеб иршадалъул агьлу цоцалъ дагIбадиялдаса кIудияб унти гьечIилан бичIчIизабулеб буго гьижра гьабун гIемер заман иналдего ГIободиясقدس سره Дагъистаналде ритIун рачIарал кагътазда.
САЙИД ГIОБОДИЯС ДАГЪИСТАНАЛДЕ РИТIУН РАЧIАРАЛ КАГЪТАЛ
Сайид ГIободиясулقدس سره гIелму-лъаялъул бицунеб гьаб тIехьалъул иргадулаб бутIаялда гьоркьоре, гьесул цо-цо гIаги Дагъистаналде
ритIарал кагъталги, Вали-шайихасул жиндирго пикрабиги гъорлъе рачани, цIакъго лъикI букIинин ккола дида, хирияв цIалдохъан.
Гьеб киналъго нилъее кумек гьабизе буго жеги гъваридго, камилго ва гIатIидго гьесул сипат-сурат загьир гьабизе, гьев анцIила ункъабилеб
къарнуялъул Имамасул гIамал-хасияталъул хаслъабазулги, пикрабазулги каваби жеги гIатIидго рагьизе. Гьесул рухIиябгун-рухIанияб
нахъарукъалъул хIайранаб хIужраялъул горсверуда гIодорги чIчIун, дунялалъулги ва ахираталъулги пикраби гьаризе. Аралда тIад ургъизе,
жакъасеб къоялдаса битIун пайда босулеллъун рукIине ва метерисеб къоялде хIадурлъизе.
***
Цо гьарини бугеб
Дир гьудул дибирасдехун,
Дир берал къанщидалго
ТIолго рехун тогеян.
Цингиги гьари бугеб
Берзул нур будунасде,
Чорхол рухIгIан хириял
ГIолохъаби ракIарун,
ГIалимзаби данделъун,
ЖамагIатчагIи рачун,
Нужеда гъорлъ дун вугин,
РакIалъ хиялги гьабун,
БацIцIадаб тавбу гьабун,
Дагьаб зикруги бачун,
Пакъирасул рухIалъе
ХIалал гьабун кьейилан.
***
Дур иман щибан абуни
-Анлъго жоялда мун божи.
Аллагьасдалъунﷻ тIухьдузда,
ТIолго малаикзабазда,
Киналго анбияазда,
Къиямасеб къо чIчIеялда,
Къадар бичасуллъиялда,
Махлукъасул кверщел гьечIеб,
Киниги сабабал рижун,
Лагъзадерихъ ихтияр кьун,
Халикъасул машиятал
Ракьалда жал свердулила.
Лагъзадерил гIамал бижун,
ГIамалалъе сабаб тIамун.
КIиябгоги цадахъ бачун,
Гьабулила жиндир мурад.
Къадар жиндир бугониги,
Сабаб лагъзадериллъидал,
Сабаб гьаби хIисаб гьабун,
Гьабулила гьесий жаза.
ТIагIатгиму мунагь гьаби
БетIергьанас бижаниги,
Гьелъул сабаб гьабунилан,
ГIазабгиму кири хъвала.
МацIалда тIад ракIги рекъон,
Иман ислам хьихьанани,
Гьесий алжан тIадабила,
ТIокIаб гIамал гьечIониги.
Алжанги кьун воханиги,
ГIавамазул хIисаб гьабун,
Даражаялъ мухIкан гьавун,
ХIасраталде жив кколила.
ХIабибасул суннат тедал,
***
Сайид ГIободияс قدس سره ГIарабустаналдаса битIун бачIараб, Гьухъалиса МухIамадил яс, Написатие хъвараб кагъат:
ТIоцебе киназдего саламги хъван, хадуб хъван буго гьадин: Цинги гIемераб салам буго дир насихIат къабул гьавулев, дир вирд тIобитIулев кинавго чиясде.
Цинги нужеда тIадаб буго гьадинаб заманалъ Аллагьасулﷻ шаргIалъ абухъе жодер гIужазда щуябго как цIуни, шурутIалгин цадахъ, заманаялъул агьлуялда жаниб берцин хьвадиги буго, хIарамалдасаги, шубгьаялдасаги цIуниги буго.
КIиябго рукъалда гьалаглъулел жалаздаса цIуниги буго, росабалъ свердиги, зияраталги тун, варагI бугел гIалимзабазухъеги, жо хIакъ гьабулел фукъагьаазухъеги хутIизегIан ищкал ккараб жо гьикъизе.
Ножеде тIаде бачIине буго анкьго соналдаса хвалиде урхъулел умурал. Чан нухалда нужеца тIарикъат чIунтизе гьабураб, рагъаздалъун, питIнабаздалъун шайихзабазул изнуги гьечIого, чан дир амру гIадада хвезе тараб муршидзабиян ругел гIаламазда хадурги лъугьун. Гьанже дида гьаб Дагъистаналъул умурал гьенир акътIабаллъун машгьурал, гIакъилал муршидзабиян ругел чагIазде тIамун тана.
Вореха гьаб дир насихIаталда нахъ рилъарал чагIи, нужеда гьаб дир каламалдалъун ракI чIчIезе гьабуге нилъер тIарикъат битIараб, нахъиязул батIулаб букIиналда. Гьеб кIудияб къосен, сурараб гIисян буго, кинабго чIухIиялъул бетIерги гьеб буго.
Гьаб дир каламалдасан мурад буго шаргIалъул парзалда тIад чIчIей, диналъул хIудудал цIуни, гIорхъодаса араб жо зидалде сверулилан хIадисги буго.
Гьединго, мех щвелалде цо жо тIалаб гьабурав чи, заманаялъул хIал бихьиялъ къватIив чIвазе гьавула.
Загьирияб гIелмуялъеги, батIинаб иршадалъеги изну букIин шаргIалъ тIад гьабун буго, Аварагасдаﷺ хурхун букIинеги тIалъулеб гIадин.
ТIоцебе гьаб изну Дагъистаналда Ярагъиясдасан тIибитIана Сугъуриясде щвезегIан, шейх Жамалудинидасаги шейх ТашавхIажиясдасаги баянаб изну щвана шейх БащтIавиеги шейх Илисханийеги ва гьезул хулапаазеги.
Сугъуриясдасан бачIана гьав пакъир ГIободиясе, бикъа-хъамун, гьересиго гуреб, гIемераб халкъалда цебе кьун, щвана.
Цинги дица дир бакIалда халипалъун тана Гъумекиса ХIажи АхIмад, халкъалъе вирд малъизе изну кьураб гIадин, МелъелтIаса Абубакар-хIажиги; Хуштадаса ПирмухIамад- хIажиги; Турхъалиса Идрисги.
Дица гьездаса къотIабиги росана щивниги шайихги, муридги рехсечIого рукIине, гьездехун хIал хъублъиги гьабичIого рукIине.
***
Сайид ГIободияс قدس سره ГIарабустаналдаса бачIараб кагъат:
Авалалда салам-каламгун, ахиралда гьадинал рагIаби:
«Цинги, дида рагIана нужеда гьоркьо диналъул бихха-хочи ккун бугилан, шайихзабиян рахъарал цо чагIазда нахъги рилъун.
Чара гьечIеб жо буго гьединал чагIазул хIалбихьи гьабизе ккола.
Гьезда нужеда гьал жалазул магIна гьикъе шаригIаталъул магIна, тIарикъаталъул магIна, магIрипаталъул магIна, вусулалъул магIна, сулламул гIуруж гьелъул даражаби, иттисал, инфисал, гъайбат, хIузур, мушагьад, истигъракъ, муракъабат, тIумаънинат, талвин, тамкин, иман, гьелъул чара гьечIел жал, гьелъул лъугIун кколеб бакI.
Гьал киналго жалазе жаваб кьурав чи гIалимзабада бажарулареб куцалда, Къуръан-ХIадисалдасаги босун, гьев чи шаргIалъул аминияв чи вуго, Расуласул варисги вуго, халкъалъул Имамги вуго, Расуласул халипаги вуго, шаргIалъул мухIакамги вуго.
Гьев чи дирги, нилъер сайидзабазулги маъзумги вуго, гьесдасан хIал кIвараб куцалъ мунпагIат босе.
Гьел суалазе жаваб кьезе лъачIуни, гьев чи шаргIалъул хиянатчи вуго, диналъул цIогьорги вуго, бусурбабазе питIнаги вуго, живги къосарав, жинцаги къосине гьарулев, жиндиего кепкал ракIарулев чи вуго, жиндего гIадамал руссине гьарулев чи вуго.
ХIадис буго: «Рахчун рукIин рахIат буго, кинавго чияс гьелдаса цIунизе тIалаб гьабула, машгьурлъи-балагь буго кинавго чияс гьелде хьул гьабула».
Гьаб буго бусурбабаде балагь бачIунеб бакI, гьелги риха-хочулеб бакI.
Нилъеда тIадаб буго гьересичагIи хъамизе, хIакимзабада лъазе гьабунги».
***
Сайид ГIободияс قدس سره ГIарабустаналдаса бачIараб кагъат:
Аллагьасдаﷻ аскIоб жодор макъам бугилан, жодое шайихзабазул изнуги бугилан дагIба гьабулел чагIазда тIадаб буго:
АлхIамалдалъун бисмиллагь баян гьабизе, иза вакъагIатиялдалъун алхIамги баян гьабизе, Къуръаналдалъун иза вакъагIатиги баян гьабизе, мутуназдалъун фуругIалги баян гьаризе, ункъабго мазгьабалда цоялъ цояб хвезе гьабичIого. Гьаб буго фатхIуялъул бищун дагьаб къатIрат.
Гьадаб баян жиндилъ камиллъарав чиясда тIадаб буго кинавго муршидасеги, гIалимасеги таслим гьабизе, ай дагIба тезе.
Гьедин гьечIони гьев ПиргIавнидасаги, Намрудидасаги квешав питIначи вуго.
***
Сайид ГIободияс قدس سره ГIарабустаналдасан бачIараб кагъат:
Хуштадаса устарас сайидасде битIараб кагътил ахиралда гьадин хъван буго:
Цинги, дица дудасан изну гьарула азаргоялдаса цIикIкIун зикру кьезе, муридзабаца цIикIкIун кьей тIалаб гьабулеб буго.
Цогиги, мун дидаса цеве накълолъани, дунги иршадалъул даражаялде щвечIони, гьаб дир рахъалдасан бегьизе бугищ, ялъуни тIубанго къотIараблъун ккезейищ бугеб? Гьеб дуца дие баян гьабе, дун гIисяналде ккечIого вукIине.
Гьелде данде бачIараб Сайид ГIободиясул قدس سره жаваб:
. Вирдилан абуни гьелъул маратибал гIемерал руго.
Нилъер гIурпалда бищун дагьаб щунусго буго, кIиабилеб даража- азарго, лъабабилеб-щуазарго, ункъабилеб-анкьазарго, гьедин буго нусиялда цо азаргоялде щвезегIан сордо-къоялда жаниб.
Амма загIипал, гIажизал чагIазе дица азаргоялда лъугIун ккезе гьабула.
Эхедехун зикру бахарабгIан къадаралда гIазаималги цIикIкIине гьаризе ккола, рухсабиги тезе ккола.
МагIишат гьабулел, хIалтIулел чагIазул гьелда хIалги кIоларо цIикIкIине гьабизе, босарас жинцаго хIал кIвараб куцалда цIикIкIине гьабе изнуялдалъун.
Амруян абуни, дун цевеса аниги, дудаса къотIараблъун ккезе гьечIо, дурго такъсир ккун, Аллагьасдеﷻ гIассилъун, иршадалъе, вилаяталъе бегьуларев лъугьани гурого.
***
Анкьабго ракьалде цере кверал ккун,
Дица гьаб Дагъистан хьихьун букIана.
Гьанже цо хIалалда хутIиларилан,
Жиндир квералъ хъвараб кагъат бачIана.
***
Сайид ГIободияс قدس سره ГIарабустаналдасан бачIараб кагъат:
Гьаб кагъат хъвалеб буго гIажизав Шайихасдасан -МухIамад ад-Дагъистаниясдасан قدس سره исламалъул агьлуялде, муридзабаздеги, хасго дир муридзабазде.
Ассламу гIалайкум ва рахIматуллагьи тагIала ва баракатугьу. Амин!
Амма багIду ва гьелдаса хадуб. Цоцалъ рокьа-хинлъи гьабиялдалъун цебе тIарикъат букIиндал алжаналде лъугьиналъе сабаблъун, батIияв маъзунасде, батIияв шайихасде хьандон, цоцалъ дагIбади, цоцада нахърилъунгутIи сабаблъун гьанже гьебги лъугьун бугелъул жужахIалде иналъе сабаблъун, дица нужеде насихIат гьабулеб буго, я, иман лъурал гIадамал: кагъат хъван, мугьруги чIван ссарихIаб кьучIаб изнуялдалъун жал ругел киналго шайихзабиги гьезул маъзунзабиги руго Аварагасулﷺ варисзаби. Муршидасдеги, caxlиxlaв хIакъав, витIарав маъзунасдеги жинца инкар гьабурав чи — гьев ккола Расуласде Аварагасдеﷺ, инкар гьабурав чи. Аварагасдеﷺ инкар гьабурав чи ккола, Аллагьасдеﷻ инкар гьабурав чи. Аллагьасдеﷻ инкар гьабурав чиги капурлъула, ай капурчи вуго гьев.
Аллагьасﷻ абуна: «Ла нурил минкум илла муваддатан филкъуба». Гьединго абуна: «Инна ллазина аману саяжгIалу лагълу ррахIману вудда». Аллагьﷻ вокьи жинца ццин бахъиналъухъ хисарав чи хIакълъунго иманалъул гIаламатаздаса вахъула ай гьесдаса иман батIалъула. Гьелъул пикру гьабе нужеца, диe бокьулеб агьлу, нужеда Аллагьﷻ гурхIаял! Дие дугIаги гьабе».
***
Сайид ГIободияс قدس سره ГIарабустаналдасан бачIараб кагъат: къокъ гьабун бахъулеб буго
ХIажи МухIамад ал-ГIободиясдасан قدس سره киналго муридзабазде.
Ассаламу гIалайкум салам буго цIадал тIираби рикIкIун, гъутIбузул тIанхал рикIкIун. Амин!
Амма багIду ва гьелдаса хадуб. Шайихзабазулги устарзабазулги изнуги гьечIого, дагIбаги фитнабиги гьарун, чан нухалъ нужеца тIарикьат хараб гьабизе хвезабизе бугеб? Дир амруги нужеца чан нухалъ гlaдaдa хвезабилеб, ишадалъулъ цоцазде дагIбабиги ран? Гьанже дица Дагъистаналъул иш тIамун тана нужерго машгьурал къутIбуязде ва гIакъилал муршидаздеги. Гьаб дир насихIаталда нахърилълъарал чагIи, нужеца нужго цIуне, гьаб нижер нух битIараб бугин, ниж гурезул нух мекъабилан абулеб бугин дицайилан ккун, нужеца гьелда ракI чIезабиялдаса. Щаян абуни, гьеб игIтикъад ракIчIезаби кинабгоги къосиналъул бищун кIудияб къосин буго, гIисяналъул бищун къабихIабги буго. Элдаса Аллагьасﷻ цIунаги. Загьираб тадрисалъеги гIелмуялъеги батIинияб балъгояб иршадалъеги изну кьей, шаргIалда рекъон, тIадаб жо буго. Киналго разилъун гьеб кIиялъулго шартIгунги рикIкIуна Аварагасдаﷺ сахIихIияб батIияб къагIидаялъ хурхинаби ай аварагасдасан бачIараб букIин чIезаби.
***
Сайид ГIободияс قدس سره ГIарабустаналдасан бачIараб кагъат:
Гьаб кагъат хъварав факъирасул - ХIажи МухIамад аль- ГIободиясулقدس سره рахъалдасан гIабадерил жамагIаталде, гIагарлъиялде, гьудулзабазде, хасго диe бокьулеб агьлуялде, хасго яцалде Умукусумиде, ва МухIамадидеги, ясаздеги, ва ГIабдулфатахIиде, Булбулиде, МухIамадил вас ХIусениде, эсул яс ФатIиматиде, ва Сиражудиниде, ва гьоболасдеги. Ассаламу гIалайкум ва рахIматуллагьи ва баракатугьу, чIинхал рикIкIун, миччил-гамачIги рикIкIун салам буго. Амин.
Амма багIду ва гьелдаса хадуб. Нилъеда гьоркьоб сафар халалъидал, нилъер махIаббатги рокьа-хинлъи къотIидал, дица битIулеб буго нужехъе кагъат, нижер ахIвал-хIал баян гьабун, нужеда нижер ахIвал-хIалги лъазе. Нужеца гьикъулеб батани нижер ахIвал-хIал, ниж Аллагьасеﷻ реццалда руго. Кинниги дун ватIалъана хъизамалдаса, цо чачанай чIужу хутIизегIан.
Инна лиллагьи ва инна илайгьи ражигIун. Аллагьасﷻ дун хвезе гьавун вукIаравани гьаздаса цеве. Алдаги разияв вуго. Эбги бацIцIадаб Аллагьасулﷻ къадар буго. Цинги нужеда тIадаб жо буго: нужеца хъвай нужер ахIвал-хIал, хваралги баян гьарун, цIарал хъван. Вассалам.
Цинги гIемераб салам ГIободаса МухIамадил вас ХIусениде, ГIорутIаса МухIамадидеги, Колоса ГIумаридеги. Нужеда лъалел дир налъабиги ракIаре. Нужецаги босе ГIободаса МухIамадил вас Шамхалихъа щуго тумен.
Цинги азарго, азарго, азарго салам дир лъималазде — дие рокьулел рухIаздеги. МелъелтIаса Абубакар-хIажиде, Аргъваниса МухIамад-хIажидеги, Хушдадаса ФирмухIамад-хIажидеги-нужеде васият гьабулеб буго, дир лъимал, нужеца тIадчIей гьабе нуфусал чурхдул цIуниялдаги, муридзабазе тарбия кьеялдаги, халкъ тIобитIиялдаги. Нужги цIуне гIадамазе нужго машгьурлъиялдасаги диналъул вацазда гьоркьоб дагIба-рагIи гьабиялдасаги. Дие дугIаги гьабе.
***
Эрпелиса Давудие ГIободиясقدس سره гьабураб вагIзаги буго гьеб тIехьалда. ТIубанго кьечIого, гьелъул байбихьи гьаниб хъвазе рекъараблъун бихьана: «Я, дир вас, мун рикъзи тIалаб гьабизе хехлъуге. Рикъзи гьечIо хехлъиялда бараб жо. Рикъзи буго лавхIалда ажалгин инсан холеб лахIзатгин цадахъ хъван. Дуца сабру гьабуни, рикъзиялъ мун тIалаб гьавизе вуго. Гьаб буго Аллагьасﷻ нилъее гьабураб вагIза. Мун гьеб вагIза къабул гьабулевлъун вукIа.
Тажвидалда махражалда Къуръан цIале. ХIуруфал тIepeн гьариги, риццат гьариги хавасазда тIадаб жо буго, ай кьури гьечIеб фарз буго».
Къуръан цIалейилан васият гьаби гуребги, ГIободиясقدس سره жиндирго тIахьазда насихIат гьабулеб буго Къуръаналъул къимат гьабейиланги. Къуръан жаниб бугеб гъамасалдагицин квер хъвазе хIарамаб бугила какичури гьечIони. Гьединабго хIурмат-адаб гьабизе тIадаб бугила Аллагьасулقدس سره шаргIалъул бицунел тIахьазулги.
Къиямасеб къоялда
Махлукъат бакIаридал,
Халикъасда цере чIчIун,
ХIисабалде лъугьиндал,
Гьарунщинал мунагьал,
Мухтарасде руссиндал,
ХIабибги цIакъ пашманлъун,
Аллагьасулﷻ ццин бахъун,
Умматалъул гурилан,
Аварагﷺ нахъ вуссиндал,
Кавсаралъул лъедаса
Нилъ нахъе рачахъани,
Нужей алжан кьезе дий
Биччас изну кьечIони,
Нужедаса къурбанлъун,
Лъугьина жужахIалде.
Ризваналда пардава ккун,
Гьардолевго чIчIоларила,
ЖужахIалъул агьлу гIадин.
Гьеб имангун ислам хьихьун,
Гьелда цадахъ суннат цIунун,
БидгIияб жо жибго тани,
Тавбуялда хIел-хIедани,
Бичасул цIобалдалъун,
ЦIар сагIидиланги абун.
ХIабибасул чодрохъила
МахIшаралъул агьлу урхъун.
Иман ислам лъазе гьаби
Гьаб халкъалда тIадаблъидал,
Рукну камун бегьичIилан
ФатхIул мубин гаргадидал,
Факъир ГIободияв кIалъан
Баян гьаризин арканал.
Иманалде халкъ ахIани,
ХIабиб разилъилевилан,
ХIабибасул шапагIат щун,
БетIергьанас тIоритIизе.
Бичас нилъер иманалъе
Микьго рукну гьабун буго,
Гьезул цохIо камун тани,
Гьесул иман тIубаларо.
ТIаса хвалчен боси гуреб
Хабал гIазаб босуларо.
Микьалъулго цо камуни,
Нифакъалъул цIар абула.
Гьелда хадуб исламалъе
Аллагьасﷻ тIад гьабун буго
Щуго амру тIобитIизе,
Щуялъулго цо камуни,
Фискъуялъул цIар абула,
Как байигун кIал кквей буго.
ЗакагIатгун сахIги бахъун,
БоцIиялда хIал кIванани,
ХIаж гьабизе живгу ина,
Гьелдаса жив хилиплъани,
БоцIи кьезе тIад гьабуна,
Гьеб щуялъулгоги бетIер
Исламалъул тIоцебесеб
МацIалда тIад ракIги рекъон,
КIалалъ шагьадат тIобитIи,
Халкъалда жиб тIад гьабураб.
Аллагьасﷻ тIад гьабун буго
ТIолгосебго гьаб халкъалда
Лагълъи жиндий гьабийилан,
Цойгидаб жо жибго теян.
Гьелда хадуб изну кьуна
Лагъзадерий гьарудизе.
Жодор чурхдул загIиплъани,
Лагълъи жибго телебилан.
Гьеб лагълъиги лъабго буго,
Лъабалъулго цо камуни,
Мункирилан цIар абула,
Суннатгиму важиб буго,
Гьелда хадуб фарзги буго,
ГьабичIого жиб гIолареб.
Гьеб тун нахъа бидгIа буго,
Воре мискин мун гуккуге.
БидгIаялъул агьлуялде
ХIадисалда абун буго
ЖужахIалъул гьабийилан,
Щаклъанани капурлъила.
ГIамал бихьун жаза гьабун,
Нахъа тархъан риччаниги.
Воре дугIа, диналъул вац,
Диеги камизе тоге!
ГIОБОДИЯС قدس سره АБУЛААН
Жиндирго тIехьалъул ахиралда «ГIободиясулقدس سره риваятал» абулеб бетIералда Гьарадерихъа ХIабибуллагьица лъун руго гьес абулел рагIарал жал. Нижецаги кьолел руго:
Жив мурид вугин, жиндир муридзабиги жиндие устарзабилъун ккун ругин, жиндие бокьараб жоялда гьел нахърилълъунарого, жив гьезда нахъвилълъине ккун. Гьединал чагIиги жиндир муридзабилъун рукIине мустахIикъал гьечIилан абулаан шайихас.
Жиндир устар гIадамазда гурхIуларилан ракIалде ккарав чиясда гIадамалги гурхIизе гьечIо. Гьесда ракIалде ккани устарасдаса пайда щоларилан, гьесие устарасдаса пайдаги щвезе гьечIо.
ХIалтIиялде машгьулав чияс вирд гьабизе бегьула кивениги унаго нухда ва гьеб гурелъубги.
ХIалтIуде араб бакIалда цо парччи цIураб гурони лъим гьечIони, цо рахъ хIалтIизе гьабе какичуризе, цояб рахъ тIагьарат гьабизе ва гьеб гуребги хъублъи тIаса инабизе.
ГIободиясда قدس سره гьикъана, цо къоялъ рабитIа гIемер гьаби лъикIаб жойищин, яги нахъчIвараб жойищилан. Жаваб гьабуна лъикIаб жо бугилан.
Дида рагIана ГIободияс قدس سره абулеб, рузман къоялъ Аварагасдеﷺ битIулеб салават гьоркьоб къотIизабун кIалъаялъул зарал гьечIилан. Цогидал вирдаздехун хилифлъун, гьоркьор кIалъазе бегьуларо, кинниги чара гьечIолъиялъул нухалда салам буссинабизе бегьила. Цоги гьес абуна: «Рузман кьоялъул салават хамиз къоялъул къалъул гIужалдаса байбихьун битIизе бегьула рузман къоялъул ахиралде щвезегIан».
Муридасда жиндирго устар ракIалде щвараб мехалъ ва гьесдеги гIашикълъараб мехалъ, чвахун унеб лъадахъ валагье, устар вихьизе вуго, гIишкъуги буссине буго. Ялъуни гIурччинал гъутIбузухъ валагье, гьенивги вихьизе вуго, гIишкъуги буссине буго.
Цо къоялъ цIикIкIине гьабун, цоги къоялъ дагьлъизе гьабун, вирд гьабизе бегьуларо.
Гьесул гIадат букIана ретIел квараналдасан байбихьун ретIунеб, тIаса бахъулаан квегIалдасан байбихьун.
Черхалда бахараб хъублъи гьес кваранаб квералъ тIаса инабулароан.
Кьураб жо квегIаб квералъ босулароан. КвегIаб квералъ чияхъеги кьолароан.
***
Сайид ГIободияс قدس سره малъулаан:
-Гьаб дунялалда тIад букIанщинаб куллу-гIалам ГIарасаталъул майданалде хIисаб-суалалъе БетIергьанас ракIарараб мехалъ, гIаданиб нах гьалиледухъ ракьалде бакъ гIагарлъараб къо букIине буго.
Гьеб мехалъ МахIшаралда сверун лъугьун амлаказ гIадамазе гIакъуба кьолеб мехалда, циндаго, гьатIипалъул гIадинаб цо гьаракь рагIулила: «Аллагьﷻ вокьи-дин бокьи, ХIабиб вокьи-дун вокьи! ГIун бугин гьезий гIазаб, тейилан гьарулила.»
Гьениве цеве вачIунила, жибго гвангъараб бакъ гIадин, Муршидун Камил, ва киналго гIадамал гьесул гьаркьидаги хIайранлъулила.
Цинги хадуб абуни кулли гIаламалъул рахъунила жидеего кумек гьарулел гьаркьал: Аллагьﷻ! ХIабиб! Устар! -абун.
Гьелдаса хадуб Аварагасулﷺ пишаби, гьесул суннат, иттибагI-гьеб кинабго цIунаравщинав чи вачунила Муршидас ХIабиб АхIмадихъе, алжаналъул агьлу хIисабалда.
Вореха, нуж Хирияв ХIабибасул суннатазде кIвар кьолареллъун рукIунге жакъа дунялалда, метер ахираталъул къоялъ къосун ккаразда гъорлъ ратичIого рукIинелъун, - абун.
***
Сайид ГIободияс قدس سره жиндирго муридзабазда абулаан: «Анкьабилеб зодосан гIодоре рортиго лъикIаб буго нужее, дир берзукьа рортиялдаса. Анкьабилеб зодоса гIодове вортарав чи холаро, дир берзукьа гIодове вортарав чи хола», - ян.
Сайид ГIободияс قدس سره абулаан: «Жиндие вирд къваригIун вачIарав чиясда малъизе изну буго, бокьарав муридасул, хисичIого рабитIа лъалев чи вугони», - ян.
***
Сайид ГIободияс قدس سره абулаан: «Устарилан вачIарав чиясда нужеца гьикъейила, МухIамад Аварагасдаﷺ хадув мигIражалде унеб мехалъ, дуда цевеги хадувги щив вукIарав?» - абун.
Гьединго, абулаан, дунги вихьичIев, дунги вокьарав, дир вирдалги гьарурав чи-дир мурид вуго. Гьесде дир балагьиги щвезе буго, дун вихьарасдасаги цебе.
Жеги абулаан, дун чIаго вугеб мехалъ, лъалиниб лъураб хвалчен гIадин вукIине вуго, амма хун хадув абуни, лъалиниса бахъараб хвалчада релълъун вукIине вугохаянги.
Нахъеги жинда Аллагьﷻ гурхIаяс абун буго. «ТIадегIанав Аллагьасﷻ дие квербакъи гьабуна дун Сиррул къадаралде ваккизавизе.» абун.
Сиррул къадар абуни буго ЛавхIул махIфузалде хIукму босулеб бакI.
Гьабги буго Сайид ГIободияс قدس سره бицунеб букIараб жо.
«Ажвибатун марзият» абураб тIехьалда абулеб буго.
«Васазда, ясазда, руччабазда, багьа тIадегIанаб ретIел ретIун, бертаби гьарун, ясалъе къайиги кьун, рукъалъул агьлуялъ яс фасикъасе кьун, васасе фасикъайги ячани, фасикъзабаздехун хурхен гьабулел чагIазе гIела Аварагасулﷺ гьаб хIадис абун. ХIадис: фасикъасе яс кьурав чиясде сордо-къоялда жаниб Аллагьасулﷻ азарго нагIана рещтIуна, гьесул гIамалги бахунаро зобалазде, гьесул дугIаялъе жавабги гьабуларо, гьесул фаризаяб ва суннатаб какги къабул гьабуларо. «Анисул жалис» абулеб тIехьалда буго, яс гьарани гIалимчияс, яги гIелму цIалулев чиясниги, гIибадат гьабулев чиясниги-гьарун кьечIони, фасикъасе кьуни, чIужуялда цIар ккела. Яс разилъани, гьезги гьарулаго, фасикъасе кьезе, гьейги кафурлъила.
Бищун бигьаго нилъ щайтIаналъ гъоркье рехулеб бакI буго къадаралда иман лъунгутIи. Аварагасﷺ анлъго жоялде иман лъеян амру гьабуна жиндирго умматалъе: Аллагьасдеﷻ; малаикзабазде; тIухьдузде; аварагзабазде; Къиямасеб къоялде; къадаралде. Аллагьасдеﷻ иман лъуравлъун вукIунаро, къадаралде иман лъечIев чи.
-Нужедасан цояс гIибадат гьабула, иманалъул рагIалги ккун жиндиего лъикIаб жо щвани, Аллагьасеﷻ реццги гьабун, алхIамдулиллагьанги абун. Амма рихараб жо тIаде бачIани, гьезул гьумер букIкIуна-гьел руго дунялги ахиратги жидеда кодоса босарал чагIи. Аллагьасулﷻ хIукмуялда данде чIчIезе бегьуларо гьеб кинаб бугониги, чIчIани гьев чиги кафурлъула.
-Нифакъ, чIухIи, хIасад, хIал хъублъи ццин бахъин, хиянат гьаби, гъибат, гьереси бицин, макру, хIилла ва гьел гурелги рекIелъ хъублъи бугев чи исламалъ какула чияр жо бикъулесдасаги, зина гьабулесдасаги, жа гьекъолесдасаги цIикIкIун.».
***
Сайид ГIободияс قدس سره камилаб иманалъе микьго рукну бихьизабун буго.
Гьел рукнабиги гьал руго: зикру; хиялаздаса ракI цIуни; суннат цIуни; ХIабибасул тIабигIат кквей; шайихасулгун гьалмагълъи кквей; шайих гуреб жо кIочонтей; шайихас жинда зикру малъи; шайихасул гIакълуялда, гIалим вугониги, нахъвилъин.
Гьаб микьабго рукну буго чара гьечIого камилаб камалаталде вахарав чиясе бугеб жо.
Бичас нилъей иманалъе
Микьго рукну кьун буго.
Гьезул цохIо камун тани,
Гьесул иман тIубаларо.
ТIаса хвалчен боси гуреб,
Хабалъ гIазаб босуларо.
Микьалъулго цо камуни,
Нифакъалъул цIар абула.
Ахиралда гьанир рехсезе мустахIикъаллъун рихьана Гьарадерихъа ХIабибуллагьил цIакъго рекIелъ рекъараб вагIзаялъул рагIаби: «Я, мун-Аллагьﷻ разилъи тIалаб гьабулев чи, чияр гIамал цIазе кодоб ккураб цIадироги гIодобе рехун, дурго xleтle чIолеб бакIалъухъ валагье. Дурго нафс цIалеб цIадироги кодоса кьуризе биччаге. Къиямасеб къоялъ дуда дурго гIамал гурони цIехоларо. ЛъикIаб гъабизе, квешаб тезе тавфикъ къеги Аллагьасﷻ».
***
САЙИД ГIОБОДИЯСУЛ قدس سره ЦО-ЦО МАЛЪА-ХЪВАЯЛ
Жинда нахъ рилълъаразда Сайид ГIободияс قدس سره абулеб буго, гьединал гIадамазе тарбия кьолеб жо бугила шаригIат абун, шаригIат черх бугила, суннат рухI бугила, загьираб гIелмуги берзул канлъиялда релълъараб жо бугила, шаригIаталъул макъам батани хIарамаб жо жибго тей, – тIарикъаталъул макъам бугила хIарамлъиялда хIинкъун хIалалабги тей, хIарамабали щиб гурин, хIалалаб кванил цIураб чехьгIан рихараб къвачIа гьечIила Аллагьасеян.
Нужеца хIакъаб жо лъазе гьабе, нух лъан хадувин нухдасан унев чиги лъалев. Нилъеца кунеб кванил бацIцIалъиялда бараб бугила гIамалалъул бацIцIалъиги.
Аварагасулﷺ хIадис буго, партал бичун босулаго кьураб анцIго диргьамалъул цо диргьам хIарамаб бугониги, гьеб ратIлил цо рукъи тIад бугониги, ургьиб хIарамаб квен бугониги, гьесул гIамал бахунаро зобалазде, гьесул дугIаялъе жавабги гьабуларо, паризаябги суннатабги какги къабул гьабуларо.
КIикъого къоялъ хIалалаб квен кванарав чиясул ракIалда Аллагьас нур базе гьабула, ракIалдасан мацIалде хIикматазул иццги чвахизе гьабула.
Нилъер магIишат хъублъизабизе хIарамаб жо гIемераб букIине кколаро, парталалда хъублъи букIаго, как базе хIарамаб бугеб гIадин, дагьаб бугониги хIакъ тIад хурхани, васияталъе бахъизе киниги, садакъаде кьезеги хIарамлъула.
***
Жиндица гIелму лъазабизе ният гьабурав чиясул рукIине кколел мурадал руго гьал:
- Живго жагьлуялдаса хвасарлъиялъул мурад.
- Жиндир гIелмуялдалъун халкъалъе мунпагIат гьабизе бокьи.
- ГIелму чIаго гьабиялъул мурад.
- ГIелмуялде гIамал гьабулевлъун вукIин.
- Гьеб мурадги гьечIого гIелмуялде машгьуравлъун вукIин.
***
Жинца мадрасаги рагьун, гIадамал цIализаризе кканани, мударрисасе къваригIуна анцIго шартI:
1. Квешал къасдаздаса ракI бацIалъи.
2. Диналъулъ гIадилав вукIин.
3. Насаб хиралъи.
4. ТIабигIат-гIамалалъул лъикIлъи.
5. ГIумруялъ цIикIкIарав вукIин.
6. ТIад ругел чагIаздаса цIунаравлъун вукIин.
7. Жиндие чара гьечIеб къадаралда гурони дунялалде хьул лъуравлъун гьечIолъи.
8. БоцIи-мал цIуниялъулъ жинда божизе бегьулевлъун вукIин.
9. Жиндирго лъикIаб гIелму-лъай бугевлъун вукIин.
10. Дарс малъизе изну бугевлъун вукIин.
***
Жал реццарал гIамалазда гьоркьоб бищунго аслияб щуго буго: битIараб бицин; калам дагьлъи; кваналеб жо дагь гьаби; хIажат гьечIеб жоялъухъ балагьиялдаса бер цIуни; исламияб гIелму тIалаб гьаби.
***
Жал реццарал сипатазул улбуллъун ккола:
- Щвалде щвараб, унго-унгояб тавбу гьаби.
- НигIматалде щукру гьаби.
- Къадаралда разилъи.
- Аллагьасукьаﷻ хIинкъиялдаги хьулалдаги гьоркьов чIчIей.
- БоцIуда хъантIичIого вукIин.
- ГIамал бацIад гьаби.
- ТIабигIат берцинлъи.
- Аллагьﷻ вокьи.
- Аллагьасдеﷻ хIел-хIеди.
***
Инсанасул ракI рукъалда релъараб жо буго. Цо рукъоб нурги бецIлъиги цадахъ букIунаро. Чирахъ бакани, бецIлъи лъутула, чирахъ свани, бецIлъи жаниб чIчIола.
***
Аллагьасулﷻ ццин бахъиналде инсан вачунел, инсанасул иман загIиплъулел, куфруялде нух рагьулел квешал гIамалал ккола гьал.
Жагьиллъи; бахиллъи; дунялалде хьул лъей; чIухIи; ццин бахъи; ракI квешлъи; жахIда гьаби; ракI хъублъи; гIужбу; рияъ; квешаб тIабигIат; пайда гьечIеб хабар бицин; божуде хиянат гьаби.
Сайид ГIободияс قدس سره кидаго абулаан: мурид кидаго даражаялде вахунарин, гьес жиндирго устар разилъулареб гIамал-хасият рехон течIони: эбел-инсуе гIакъуба кьей гIадаб ва жиндирго мадугьалзабазе зарар гьаби гIадаб.
КЪОКЪАБ ШАРИГIАТ
Унеб букIана 1877соналдаса хадуб заман. Гьел абуни рукIана Дагъистаналъул гIалимзабазе бищунго захIматал ва хIинкъи цIикIкIарал сонал. ГIурус пачалихъалъул диналде данде тIадецуй кутакалда цIикIкIана 1877 соналъ Дагъистаналда ва Чачаналда «къокъаб шаригIатги» чIчIинтIизабун, гьеб кIиябго вилаят бидул хIориниб лъун хадуса. Цоял гъазаваталъе гIоло, цогидал гьезде данде пачаясул чукъбузул рахъ ккун рукIиналъ Дагъистан, цIидасан, цоцалъ бана.
Кварида ран, гъанкъун, чIван, Сибиралде ритIун, жанир тIамун лъугIизаруна халкъалда гьоркьоб дагьабниги жидер машгьурлъи бугел гIалимзабиги, гIакъилзабиги ва тIарикъаталъул устарзабиги.
«РУХIАНИЯВ» - гьеб букIана бищунго гIадамазе хIинкъи бугеб рагIи. Гьелъие гIоло къотIулаан букIараб бищунго кьварараб хIукму: Сибирь, яги хвел.
Сугъралъа ГIабдурахIманхIажиясул قدس سره вас- Дагъистаналъул ункъабилев Имам МухIамадхIажиясул бетIерлъиялда гьоркь гьабураб ахирисеб гъазават халат бахъинчIо. Сугъралъ росуги хъалаги бахъизе кIвана капурзабазда, кутакалда тIаде гIарадаги бан, гьел риххизарун хадуб. Кинавниги азарго мурид вукIана гьел цIунун рагъулел.
Дербенталда ва Гъунир кварида ран гъанкъана восстаниялъул бутIрул: МухIамадхIажи, Мехти Уцмиев, НикIа-къади, ГIабдулмажид, ГъазиахIмад, Зубаир-бика, ХIажиев ГIабдулагь ва цогидалги-кинавниги 300 чи. Дагъистаналъул микьго округалдаса 4875 чи витIана Сибиралде, гьездасан Гъуниб округалдасан 1453 чи, Гъазигъумекиса 1441 чи.
ЦIакъго захIматаб хIалалде ккана, туснахъзаби хIисабалда, Дагъистаналдаса къватIире ритIарал гIадамал. Гьезул гIемерисел хвана гьава-бакъалъул шартIал хисиялъул ва ругънал кIотиялъул хIасилазда. Гьедин, масала, къватIиве витIарав Сугъралъ росулъа кинавниги 775 чиясдасан къокъабго заманалъул болжалалда хвана 200 чи, рокъоре тIадин абуни руссана гIицIго 170 чи.
Гьеб багъа-бачариялда гIахьаллъаразул тIолабго ракь бикьана гIурус пачаясул хъамалчагIазда ва бакIалъулал зулмучагIазда гьоркьоб.
Сибиралдасан балъго рокъоре ритIулел рукIарал кагътазда асирзабаз бицен гьабулеб буго жидерго бугеб язихъаб хIалалъул, гIакъуба-зулмуялъул, унтаби-гIузрабаз кIвекIун холел ругел гIемерал дагъистаниязул хIакъалъулъ.
Тарихалде гьоркьобе 1877 соналъул восстание ана «Хъанда шаригIат» абураб цIаралда гъоркь. ЦIакъго пашманаб букIана гьеб бахIарчияб къеркьеялъул хIасил: анцI-анцI рухIарал дагъистаналъул росаби, кварида ран гъанкъарал магIарулазул рагъулал бутIрул, гIисиналин, хералин абун батIалъи гьабичIого, рикIкIадаб Сибиралде ритIарал гIемерал гIадамал.
БатIи-батIиял сиясатиял гIуцIцIабазул заманабазда, Дагъистаналъул хIакимзабазул хъачIлъиялъулги ва жалго гIурусазул кафурзабазул пахруял тIадчагIазда цере берцин рихьизариялъул мурадалда, гьарулел рукIарал инжитал пишабазул хIакъалъулъ гIемер хъван буго тарихалда.
Нужецаго пикру гьабун бихьеха, хириял бусурбаби, кинал вахIщиял Аллагьасулﷻ тушбабаз нухмалъи гьабулеб букIарабали дол соназ нилъер Дагъистаналъул халкъалъе.
Дагъистаналда капурзабазул зулму цIикIкIиндал, Турциялде мугьажирлъуде ун гьенив чIчIарав КIикIуниса тIарикъаталъул устар Шарафуддинихъе قدس سره Дагъистаналдасан хъван бачIараб Инхоса ГIалихIажиясул قدس سره кагъаталда руго гьадинал мухъал:
…Масажидал къан руго,
КъулгIаби чIунтун руго.
Диванхангун канцилар,
Камил гьабулеб буго.
Нававица гьабураб
Мингьаж гIодилеб буго,
ШаргIиял ахIкамазда.
ХIур тIад бетанин абун.
Рамабигун анвараз
ГIарза хIал бачIун буго,
ХIапароялъ кваназе
Ракьалде реханилан.
ТIад вугев чи ци гIадав,
Цогидал гьаби гIадал,
ГIалимчи хъумур гIадав,
Муъминчи чахъу гIадав,
Огь, гъарин цоги чахъу (муъминчи)
Чундукьа кин борчIилеб?
КIанцIизе бакIги тIагIун,
Терелебдай хутIилеб?
ГьацIул махI батаралъуб,
ЦIунцIра хурхунеб гIадин,
БакI-бакIалде сентIелел
Суфизабиги руго.
Ва амма Сайид ГIободияс قدس سره гьеб жиндирго гIумруялъе бугеб хIинкъиялъухъ балагьичIого, гьоркьоб къотIизе толеб букIинчIо халкъалда гьоркьоб гьабулеб букIараб исламияб гIелмуялъул бичIчIикьеялъулаб хIалтIи. ЛъарагIлъиялде ун, Чачаналде щун киса-кибего унеб букIана Сайид ГIободиясул قدس سره дагIваталъулаб хIалтIи. Гьелъул кIвар жеги цIакъ цIикIкIун букIана Дагъистаналъе ва Чачанлъиялъе, щайгурелъул гьезул гIемериселги рухIиял церехъабазда тIад бачун букIиндал гIурус пачаясул чукъбуца вахIщилъиялъул ва чIвай-хъвеялъул бидулаб михир. Сибиралде ритIун щиб, туснахъазда жанир тIамун щиб, къватIисел улкабазде тIурун ун щиб, Дагъистаналда цIакъго-цIакъ дагьлъун рукIана диниял церехъабазул кьерал.
Сайид ГIободияс قدس سره гIадамазда малъулеб букIана жиндие баччизе захIматаб гьабизегIан цин цебе, гIадатияв муъминчиясе мустахIикъаб бугин шаригIаталъул арканалги цIунун, гьелги тIуразарун рукIине. Цогиги гьес малъулеб букIун буго исламалъул тIасияб хIокIиде вахиналде цин цебе, гьелда рекъараб тарбия кьезе ккелин жиндирго напсалъе ва черхалъе абун. Гьеб хIисабалда гурони диналъул гъварилъуде ваккизе, гIелмуялъул борхалъабазде вахине рес букIунарин ва бажаруларин бусурбанчиясухъа абун.
Муршидун Камилас قدس سره гIадатиял гIадамазе диналъул нухал къварид гьарулароан рукIарал. ГIободиясда قدس سره цIакъго лъикI лъалаан букIараб чиясухъа бажарулебги ва гьесул хIалкIоларебги жо. Гьединлъидал, устарас кидаго хIаракат бахъулаан гIадамал ричIчIулевлъун вукIине ва гьезие исламиял нухал бигьа гьаризе шартIал ралагьизе.
Халкъалда диналъул балъголъаби малъулаго, гьезие гIелмиял къанунал баян гьарулаго, Сайид ГIободияс قدس سره гурхIел гьечIеб къеркьей гьабулеб букIана шаргIалъул хиянатчагIазе, диналъул цIогьазде, кIигьумерчилъиялде данде. Диналъе гьес тIалаб гьабулеб букIана рацIцIалъи. Гьединаб букIана Сайид ГIободиясул قدس سره гIелмудал гучги ва гIумруялъул кинабго рахъалъулаб жиндаса мисал босизе мустахIикъаб мисалги.
Дагъистаналда ва Чачаналда Сайид ГIободияс قدس سره лъикIаб тарбия ва лъай кьун гIезаруна, жидер цIар сверухъе рагIарал гIалимзаби. Гьезда гъорлъ рукIана ГIободаса Сиражудин, ГIободаса ГIабдулпатахI, Аргъваниса МухIамадхIажи, Ахъташ-ГIавухъалдаса ТIалхIат, Гъумекиса ГъазиахIмад, Хуштадаса ПирмухIамад, Ингишоса Абакар, Алмахъалдаса ГIамиргIали, Хъумторхъалаялдаса Идрис, ГIандиса ГIабдуллагь, ГIуриса ГIусмандибир, ЮртгIавухъалдаса Гурил МухIамад ва гIемерал цогидалги.
Сайид Гiободиясул قدس سره хIакъалъулъ хъварал батIи-батIиял баяназда загьир гьабун буго гьев Муршидун Камиласул قدس سره хасаб ва даимаб бербалагьиялда гъоркь рукIанин муридзабазул лъабкъоялда анцIазаргониги чи абун.
Гьанжесел цIаларал гIадамазги абула жакъа къоялъгицин жидеца Сайид ГIободиясул قدس سره вирд гьабулезул къадар къоазаргоялдасагицин тIаде араб бугилан.
Аллагьасﷻ Сайид ГIободиясул قدس سره баракатги шапагIатги камун тогеги нилъ бусурбаби, кинаб къо Аллагьасﷻ нилъеда тIаде бачIаниги. Амин!
1877 соналъ Дагъистаналда букIараб багъа-бачариялда гьоркьоб гIахьаллъи гьабуна ХIабщиса шайих Сулейман-хIажиясги قدس سره. Сугьралъ росуги бухIун, къеркьеялъул церехъаби кварида ран хадуб, гьев, гIемерал гIараб гIелму цIаларал чагIигун цадахь, тIубараб анлъго соналъ туснахьалда жанив тIамула. Гьев Сулейман-хIажиявги قدس سره вукIана жиндие ГIабдурахIманхIажи Сугъуриясдасан قدس سره гIелму-лъай щваразул цояв.
Диналъул тушбабазул ва жахIдачагIазул рокьукъаб бер букIана, къаси-къадлъи гьечIого, Сайид ГIободиясда قدس سره хадуб балагьунги. Гьудулзабиго гIадин, гIемерал рукIанин абизе бегьула гьев тIарикъаталъул устарасда балъго жахIда ккаразул къадарги. ХIукуматалъул хIарччил чурутIе риччарал ва гьенир чапелел ругел жагьилзабазда лъикI лъалаан кин «гIакъилго» гIалимчи- рухIаниясдаса жидеца «къисас» босизе кколеб ва бегьулебали.
Шамил Имам асирлъуде ккаралдаса нахъе, пачаясул чукъбуз байбихьула Дагъистаналда ва Чачаналда ругел диниял гIалимзаби, батIи-батIиял гIиллаби ратун, цо-цоккун тIагIинаризе ва Шималияб Кавказалда диналъул кьучIчI тIубанго бакъвазабизе.
Хасаб бербалагьиялда гъоркь рукIана, гьединго, 1877 соналъ букIараб восстаниялда кинаб къагIидаялда бугониги гIахьаллъи гьабуралщинал рухIаниялги.
Гьеб кинабго лъикI бичIчIулаан живго Сайид ГIободиясдаги قدس سره. Сверухъе лъугьунеб бугеб хIинкъи бугеб сиясатияб ахIбал-хIалалъ тIамулев вукIана МухIамадхIажиявги قدس سره букIиниселъул пикру гьабизе.
Сайид ГIободияс قدس سره Шамил Имамас гIурусазде данде гьабураб рагъуе кьолеб букIана цIакъго тIадегIанаб къимат ва гьев рикIкIунев вукIана Аварагасул ﷺ суннатги цIунун, капурзабазда гъазават лъазабурав халкъияв бахIарчилъун.
Гьелда тIадеги 1877 соналъ букIараб «гьитIинаб шаригIаталъул» кьучIчIалда ккараб рагъулъ гьес ГIабдурахIманхIажи Сугъуриясул قدس سره рахъ кколеб букIанин абун гIайибалги рукIана Сайид ГIободиясде قدس سره гIунтIизарулел дагъистаналда рукIарал гIурус пачаясул инжитал чукъбуз. Гьединлъидал, Сайид ГIободияв قدس سره вукIана пачаясул цIиял тIадчагIазда бадиб къараб гIелмиябгун-рухIияб зазлъун. Гьесда щиб гьабилебали лъаларого рукIана пачаясул вахIщиял жасусал. ГIободиясул قدس سره халкъалда гьоркьоб бугеб машгьурлъиги, къадру-къиматги лъан, гьесиеги, цойгидазего гIадин, тамихI гьабизеги бокьун, гьабичIого тезеги бегьуларого, чараги хун рукIана капурзабазул къапила.
Цо нухалъ Сайид ГIободияв قدس سره Хунзахъе ахIула губернаторас. Гьес, тIадеги ахIдон, абула Сайид ГIободиясда قدس سره мунги, Генуса Шамил Имамго гIадин, цIияб гъазаваталде хIадурлъулев вугин абун гIарза бачIун бугин жиндихъе гIадамаз абун.
Пахруяв ва хъачIав губернаторасе бокьун букIуна, устарги قدس سره къабихI гьавун, гьевги хIинкъизавун, жиндирго тIадегIанлъи гьесда бихьизабизе. Амма, циндаго, кинабго гIакса ккола.
Гьеб мехалъ жиндаго дандвитIун гIодов чIчIарав Сайид ГIободиясда قدس سره аскIоб, гьакIкIан кIалгун, жиндаго тIад речIчIизе къачIараб гъалбацIги ва гьесул гъуждузда нахъасан баккараб кIудияб аздагьоги бихьидал, кьер тIун сородизе жувала пакъирав ятим.
Цо заманалдасан рекIеда ватарав губернатор живго гьардола Сайид ГIободиясда قدس سره, бегьулеб батани, гьаниса хехго дурго рокъове тIадвуссун аян абун.
Амма букIаниги Сайид ГIободияв قدس سره, батIи-батIиял гIиллабиги ургъун рахъун, хъалаялъув жанив тIамула, сурав босула. Гьесие хIинкъаби кьола, гьеб дуца гьабулеб диналъул бичIчIикьеялъулаб хIалтIи халкъалда гьоркьоб тIокIалъ гьабугеян абун. Цинги, халкъалъул багъа-бачариялдаса ва гьелъул цциналдаса хIинкъун, къватIиве виччала, гьесие щибго заралги гьабичIого. Ахирги Сайид ГIободиясда قدس سره бичIчIизабула пачаясул чукъбуз гьесие, Дагъистанги тун, къватIисел хIукуматазде ани лъикI букIинаанилан ва гьелъие квал-квалги гьабизе гьечIилан абун.
Муршидун Камиласда бичIчIула, нахъаса къотIи гьечIеб хъаравуллъи жиндидаго хадуб хIукуматалъул чудказ чIезабидал, жиндиего эркенго гIелмуялда тIад хIалтIизе рес бугел гIарабазул улкаялде мугьажирлъун ине.
МАККА-МАДИНАЯЛДА
БУСРАЯЛЪУЛ ГIАЛИМЗАБИ МУТIИГIЛЪИ
КЪАРАХЪА МУГЬАЖИР МАЛЛАМУХIАМАД
САЙИД ГIОБОДИЯВ قدس سره
АНЦIИЛА УНКЪАБИЛЕБ КЪАРНУЯЛЪУЛ МУЖАДИД
ЧIохъа КъутIбул Гъавс ИсмагIилقدس سره
НАКЪШУБАНДИЯБ ТIАРИКЪАТАЛЪУЛ СИЛСИЛА
САЙИД ГIОБОДИЯВ قدس سره - ГIЕЛМУДАЛ РАЛЪАД
ХIИКМАТАБ МАЖМУГI
ДАГЪИСТАНАЛДЕ УСТАРАСУЛ МАККАЯЛДАСА КАГЪТАЛ
ГIОБОДИЯС قدس سره АБУЛААН
КЪОКЪАБ ШАРИГIАТ
368947, Россия, Республика Дагестан, с. Кахабросо. Tel.+79285304544, E-mail: dagistan@mail.ru