|
||||||
| Главная ֍ Творчество ֍ Библиография ֍ Фотоальбом ֍ Избранное ֍ Поэты Цада ֍ Контакты | ||||||
![]() |
||||||
|
РИЧIЧIУЛАРЕЛ РАГIАБАЗУЛ МАГIНАБИ |
||||||
|
Абуначи
– жиндиего газета, журнал хъвалев чи, подписчик
Абундачал
– гьас-дос абунилан риччалел кьучI
гьечIел харбал
Авари –
гьакил алат
АгIзаал
– лугбал
Адабият
– художествияб литература
Адиб
– литератор, литератураялдехун хурхен бугев чи
Азалияб
– даимаб, хиси гьечIеб
Алапа
– бачIунеб харж, мухь
Алип
– алфавит
Аманаткасса
– сберкасса
Апараг
– жиндирго ватIан тун, яги росу тун
батIияб бакIалде вахъун чIарав чи
Асс
– адаб, хъатир, цIар, рецц, къадру
АтIрапал
(зодил)
– зобалазул рахъ-рахъал
Ахрас
– мацI лъаларев, мацI тIекъав чи
АхIкамал
– хIукмаби, масъалаби
Бакрулав
– бусурман диналъулъ бицен бугев
МухIамад аварагасул заманаялда Мадинаялда ккараб кьалда цебе хвалде ккезегIан
вухаравилан аби бугев, Бакр абулеб къавмалъул чи
Баб
– тIехьалъул цо бутIа
Бегьа
– хIамизаз, хъахIзаз
БогIлал –
богIолаби;
гьаниб – хIинкъизе рицунел ва
сипат гьабулел жал абураб магIнаялда
Борж
(бурж) –
щулалъи, сангар, галан, хъалаяб си
Бугьатал
– къосарал гIадамал, диналде данде чIарал чагIи
БуравникI
– таманчадул цо тайпа, "браунинг"
Вазипа
– тIадаб иш, тIад къараб хъулухъ,
масъала
Варис
– ирс щолев чи, ирсилав, раталилав
Гизма
– бертин, зурма-къали
Гъалду
– чIимгIа, кавудул бакIалда гIучIазул гьабураб нуцIа
Гъара
– хъамалчилъи, чияр боцIи бахъи
Гъваниллъи –
гIалхуллъи, барщи, къехIи
Гьадият
– сайигъат
Гьайат
– логол щват, къагIида, узданлъи,
чергеслъи
Гьалан–
чода гьир лъолеб мехалъ гъоркьан лъолеб
букIараб жо
Гьандасат
– ракьул магIданал лъазарулеб гIелму
Гьансара
– гьундузул бищун кIудияб рукъ, зал
Гьарал
– Гумбет районалъул Гьарадерихъ росдал гIадамал
Гьижра
– батIияб бакIалде гочун чIей
ГIайнаъ
– берал берцин, хIурулгIин
ГIалу
– хIайваназул, гIиял накалзул ракьадул бекI
ГIанкабут
– нусиреч
ГIарш
–
аллагьасул тах бугебилан бицунеб зодил тIох
ГIасимат
– тахшагьар
ГIасру
– эпоха; нусго сон, къарну
ГIечIен
– Хунзахъ районалъул ГIочIло росдал гIадамал
ГIисянал
– питнаби, тушманал ишал
ГIорчо –
бицатаб цIураб бакь, сохъта
ГIумумияб
– гIаммаб,
жамгIияб,
халкъалъе гIахьалаб
ГIунайзат
– берцинлъиялъул цIар
рагIарай
гIадан,
гIарабиязул
машгьурав Имраул Къайисие йокьун йикIарай
ясалъул цIар
ГIурф
– гIадат
Дабарал (давар)
– такрар гьаби, такрар гьабун цIали
Давлат
– пачалихъ
Дайра
– край, округ, область; свери, гIорхъуда жаниб бакI
Дангъва (дамгъа)
– тIад чIвараб мугьру (бухIизабун)
Дахилиял
– жанисел, балъгоял (ишал)
Дият
– шаргIалда
рекъон, чи чIваралъухъ босулеб букIараб рецIел
ЖабалухIуд
– ГIарабустаналда бугеб УхIуд мегIер
Жазаир
– некIсияб чахъматуманкI
Жаллат
– гIащтIичи (гIараб)
Жигьад
– диналъе гIоло гьабулеб рагъ
Забаниятал
– гIазаб кьолелилан диналъ рикIкIунел
малаикзаби
ИгIлан
– чIахIахатIалъ хъвараб лъазаби,
хитIаб,
афиша
Идараби
– хIукуматалъул иш тIубалел органал,
учрежденияби
ИгIтибар
– хIурмат, къадру
Инкъилаб
– революция
Истикълал
– жибго жиндаго чIезе халкъалъул ихтияр, тархъанлъи
Иттифакъ
– къотIи ккей, кIалрекъей, разилъи
Кагъруба –электричество
Капарат
– хварасдаса мунагь тIаса ккезелъун кьезе диналъ бихьизабулеб рецIел, гIакIа
Каржин
– гьурмада бахунеб крем
Катиб
– хъвадарухъан, хъвай-хъвагIаялъе махщел бугев, хатI берцинав чи
Куллу-гIалам
– тIолго гIалам, дунял-гIалам
Курра
– шар, щиб букIаниги гургинаб жо; гургинаб дунял, ракьул дунял
КухIлу
– берцинлъиялъе гьурмада бахунеб, беразда сверун бахунеб жо
КъавагIид
– кьагIида
Къадар
–
къисмаб
Къазаалъул алхIам –
дибирлъун толеб мехалъ цIалулеб къотIи
гьабиялъул алхIам
Къапила
– цо къукъа, тIел, караван
Къапу
– кIудияб нуцIа, рагьу, шагьаралъул каву, кIалтIу
Къалия
– къвагъараб беэнлъи
Къарар
– хIукму
Къаргъа
– лъималазул хIай
Къарну
– нусго сон, гIасру
Къияс
– гIодоса тIаде батараб гIадат;
релълъинаби
Къохьолав
– наибасул нукар
КъутIбу
– кутакалда канлъи кьолеб нур; полярияб цIва
КIалалъбакI
– кванирокъоб цIарагI лъолеб, гъастIа аскIоб бокIнилъ бакI.
ЛавхI
– къадар хъван батарабилан диналъ рикIкIунеб
хъарщи
ЛахIмагьари
– балъгояб ригьин, гьереси магьари
Лепек –
надалдаса гъоркье даларал расал, катIари
Ликпункт
– 20-30 соназда халкъалъул лъай гьечIолъи тIагIинабиялъул мурадалда росабалъ
рагьарал школал, кружокал
Лумияб
– цIодораб, гIакъилаб
Мавгьуматал
– ургъун рахъарал, хиялиял, кьучI гьечIел жал
Магьи гьечIеб
– щулалъи гьечIеб, чIимигIаб, тамахаб
МагIариф
– лъай, канлъи-лъай
Маданият
– культура, цивилизация
Мазгьаб
– хIалтIулъ, пикруялъулъ, гIелмуялъулъ ккураб нух
МахIшар –
къиямасеб къоялъ тIолго гIалам цIидасан
бахъун данделъулебилан диналъ малъулеб бакI
Мигьир
– цо-цо хIайваназ (гIункIкIаз, гIунхруз) гьабулеб нахърател
Назир
– министр, сундулниги тIалабалъе тарав хIаким
Насаб
– тухум-кьибил, рижи-рачIин
Орду
– аскар, бо рещтIун чIараб къаву
Падар мацI
– азербайжан мацI
Падишагь
– пача
Пакърулъи
– мискинлъи, язихълъи
Петер
– гIадамал рещтIунеб мина, гостиница
Пул
– гIарац
Пурман
– изну, разилъи, вакиллъи
Пурсат
– къуват, гуч, ресбуголъи, санагIат рекъей
Ракибокь
– гьабил раква хIалтIулеб рукъ
Расмияб
– законияб, кьучIдасан батараб, официалияб
РахIмат
– гурхIел
РецIцIел
– бецIцIун бачIун данделъараб лъамалъи
Рисалат
– хъван битIараб кагъат
Рияъ
– рихьдае гIоло, жиндиего цIаралъе гIоло гьабулеб лъикIлъи
РусулнакIкI
– тIад бигъун лъун букIунеб накIкI, гIодонакIкI
Рохел-хайрат
– рохалие, лъикIлъиялъе гьабулеб данделъи
Ругьдал унти
– квачалдалъун кколеб унти, ревматизм яги гьуърул унти
Рухса
– изну, бегьулеб нух
Сагула
– мачIал кIудияб, къвалал гьечIеб тIимугъ
Сагьвиллъи
– тохлъи, хаган ккей, васвасди
СайхIун
– Гьоркьохъеб Азиялда Сырдарья гIоралда гIарабияз абулеб цIар
СагIидиял
– талихI бугел, гьанта рекъарал, бахьи бугел (масала, лугбал)
Салдар
– тIадегIанав хIаким, бакIалда
тарав пачаясул вакил
Самратул фуад
– рекIел пихъ, абулеб гIарабиязул
сипат
Саяхълъи-сандирахълъи
– чохьой лагълъи гьаби; руччабазулъ чамгIаллъи
гьаби
Ссилиял
– чIухIарал, гьайбатал, къадруял
Силсила
– рахас, читIир
Сима –
куц, бегI
Сирурабан
– балъголъиялда нахъгIунтIулеб гIелмуян рикIкIунеб тIехьалъул цIар
Сиясияб
– политикияб
Сужда гьаби
– бетIер къулун, наку чIван мукIурлъи, щибниги кIодо гьаби
СулхI
– рекъел, маслихIат
Сурая
– гвангъараб цIваялда цIар
Таватур
– тIибитIи, цIар рагIи, бицен гIемерлъи,
легенда
ТахIият
– хIурмат
гьаби, адаб гьаби, кIодо гьави; мажгиталда жанив лъугьинго балеб кIиго
ракагIаталъул суннатаб как
Тапсир (табсир)
– рагIа-ракьан бахъун кьолеб баян
Таржама
– хадуб-цебе ккезабун рекъезабун бицин, баян гьаби (масала, биография), цо
мацIалдаса
цоги мацIалде
буссинаби
ТасбихI
– рецц-бакъалъул калам
Тафаруж-кеп
– аваданлъи, кеп
Топхана
– гIарадаби, ярагъ лъолеб яги гьабулеб бакI
ТIавап
– гьаваялда гьабулеб роржен, тIад свери бахъи
ТIабгI
– хасият, гIамал
ТIабиб
– тохтир, даручи, местIер
ТIагъалхъахI
– магьидул тIагъигунисеб ханжар
ТIарап
– цо рахъ, бутIа, тIел, халкъалъул цо къукъа, руккел
ТIутI
– цебе лъураб чIухIараб тIагIам, квен-тIех, сурпа
УргъабикI
– цIедехI таманчадул цо тайпа
Ужра
–
мухь, хIалтIухъ кьолеб гIарац
Усул
– аслиял нухал, кьучIал, къагIидаби
Фаиз
– берцинаб махI
Фатва –
кинаб бугониги масъалаялда тIасан нух, хIукму
Хъаличин ––тIеренаб
цIер
ХъункIур цIей –
цебе букIараб лъималазул хIай
ХIажру
– гьукъи, бетIер сверарав
чиясул мал-мулк къайимлъиялде кьей
ХIатам –
цIакъго сахаватав,
гьоболлъиялъе варани хъуравилан бицен бугев гIарабияв
ХIухьтIи –
гIодобе биччай, парахалъи
ЧIахъен
– ирсалъе щвараб буголъи, рател, мал
ШагьримоцI
– рещалъараб моцI
Шамсул мунират
– гвангъараб бакъ
ШапагIат
– баркат, лъикIлъи, мунпагIат, кумек
Шикаят –
зигарди, гIарза, гьари
Шугьрат
– цIар рагIи, халкъалда лъай
ШугIараал –
кочIохъаби, шигIручагIи
ЩурунтIагъур
– фуражка
Эливаш
– "хадубхъуд" абун хьамун абулеб
рагIи
Яриман –
хIалихьат |
||||||
![]() © При использовании материалов сайта, ссылка на сайт www.tsadasa.ru обязательна dagistan@mail.ru |
||||||